بسم الله الرحمن الرحيم

   

Новости

Дагестан

История

Религия

Классика

Унцукуль

Кахабросо

гимри

Связи

О нАС

ФАТИХА

страница  о

МУХАММАДЕ ХАДЖИ ОБОДИЯВЕ

(пусть его Баракат и Шафаат достанется всем нам)

 

367029.Россия, Республика Дагестан,

г. Махачкала, ул. Трудовая дом 53

E-mail: magomedg@mail.ru

FATIHA

 

MUHAMMAD HADJI OBODIYV

CHARITABLE FUND

 

367029. str.Trudovay 53, city Makhachkala,

Republic Dagestan, Russia

E-mail: magomedg@mail.ru

Ислам

Пророки

Коран

Наука

Хадисы

Фарз

Сунна

Суфизм

Шейхи

Книги

   

РУССКИЙ  ۞  АРАБСКИЙ  ۞  АНГЛИЙСКИЙ  ۞  АВАРСКИЙ  ۞  ДАРГИНСКИЙ  ۞  КУМЫКСКИЙ  ۞  ЛАКСКИЙ  ۞  ЛЕЗГИНСКИЙ  ۞  ЧЕЧЕНСКИЙ

   

         

 

МУХ1АММАД Х1АЖИ АЛЬ Г1ОБОДИ АЛЬ ДАГЪИСТАНИ

 

Сиражудин Хайбулаев

(на аварском)

Г1ободияв устар(р.г1.) жиндаса Аллагь разилъаяв ва нильееги жиндир баракат щваяв, гьесул х1акъалъуль хъвазе я бицине г1ураб даражаялъул я г1акълу я лъай бугев чи дун гуро, лъик1ал г1алимзабаз абула гьесул гleлмy жидер квер г1унт1улареб борхалъиялда бугилан, гьель жидеца гьесие икрам гьабиялда г1ей гьабун толилан.

Кин бугониги маг1арулазул адабияталда ва маданияталда т1ад х1алт1улев вугелъул, гьелъуль Х1ажимух1амадун Г1ободиясул (р.г1.) жигарчилъи ц1ик1к1араб, т1ад раг1и абизе рес гьеч1еб бугелъул, х1инкъадго ва нечадго квалулев вуго гьесул бечедаб ирсалда ва сипаталда - к1велародай гьанжесеб г1елалъе гьесул х1акъалъуль цо г1аммаб баянниги кьезе ян хьулалда.

Бусурбан диналъул, шариг1аталъул, т1арикъаталъул бицунаго, Дагъистаналда гьезул х1аракатчаг1азул баян кьолаго, к1удияб адаб-х1урматалда рехсола к1удияв г1алимчи, накьшубандияб т1арикъаталъул устар Г1ободиясул ц1ар. Гьеб ц1аралда гъоркь машгьурлъана гьев. Эбел-инсуца лъураб ц1ар Мух1амад бук1ана, х1ежалдаса вуссун хадуб гьесда ц1ар хисана Мух1амадх1ажи абун. Муридзабаз гьесде Саййидин гурони абулароан, цойгидал росабалъги гьев машгьурав вук1ана устар Г1ободияв абураб ц1аралда гъоркь.

Г1ободиясул лъимерлъиги, г1олохъанлъиги ва т1олго г1умруги ана диналъулги, динияб г1елмуялъулги, г1алимзабузулги къимат ва даража к1удияб борхалъиялде бахараб заманаяль. Гьелъул асаралда гъоркь щвана гьесие тарбияги, лъайги, г1елмуги, ц1арги, г1елмуялъул иццилан ц1ар тарав Шаг1банкъадил росуль.

Мух1амад гьавуна 1828 аб. сональ г1елмуялъулъ босараб Г1обода росуль лъик1аб динияб хъизамалъе-Къебеддибирил хъизамалъе. Т1алъиялъул г1алимзабаздаса щвараб лъайги ц1ц1ун, Мух1амадица анц1ила щуго сон г1умруялъул т1убайдал 1843 сональ сапар бухьана машгьураб росулъе Гъазигъумекиве г1елмуялда хадув. Чанго сональ Гьухъали абураб гьит1инабго росуль гьев ц1алула лъик1ав г1алимчи Мух1амадида цеве. Жиндирго муршид х1ежалде индал, гьев гочуна Сугъралъе т1арикъаталъул устар Г1абдурах1манх1ажиясул мадрасаялде. Г1елмуялда хадув лъугьарав чиясе т1ок1аб мустах1икъаб бак1 батизе зах1мат бук1ана: машгьурав муршид, т1адег1анаб мадраса, къиматал ва къанаг1атал т1ахьал.

Г1ободиясул пагьмуги гьунарги бихьун, Г1абдурах1манх1ажи Сугъурияс гьесде ц1ик1к1араб к1вар кьола. Гьезул к1иязулго инсулги васасулги г1адаб гьуинаб гьоркьоблъи муршид хвезег1ан ц1унун хут1ула. Хвелалде цебе Г1абдурах1манх1ажица гьесие кьола мужадидин абураб ц1ар, т1арикъаталъул устарлъи, анлъабго т1арикъат бачине изнуги.

1877 аб. соналъул восстаниялдаса хадуб гьев чанго нухаль Хунзахь хъаладухь жанив т1амула, гьесдасан сурав босула. Гьесдасан хъвараб г1арзаялда бихьизабун бук1ана гьев вук1ин Г1абдурах1манх1ажил мурафакъан-диналъул ва гьабулеб ишалъул гьалмагь, имамлъун вищарав Х1ажимух1амадил гьудул, халкъалда машгьурав т1арикъаталъул г1алимги. Гьесда абулаан мун гъоркьан ц1ияб гъазаваталъе балъго кьуч1 лъолев раг1улин, дин ц1игьабизе х1алт1улев вугин. Доб заманалда загьирлъун рач1ана жал устарзабийилан рахъарал, жудое ц1арги боц1иги къвариг1арал шайт1аниял устарзаби, диналъул хиянатчаг1и гьез гьарулел рук1ана Г1ободиясдасан г1арзал, мац1ал. Гьединлъидал пачаясул х1укуматаль гьесда хадуб кидагосеб халкквей ч1езабун бук1ана.

Г1ободиясде халкъалъул бугеб божилъи, рак1ч1ей, гьесул бугеб машгьурлъиги х1исабалде босую, т1адчаг1азда гьесие зиян гьабизе к1оларо, х1инкъула, амма лъазабула мун Дагьистан тун къват1иве ани лъик1аб бук1инилан. Гьеб бук1ана гьесул жиндирго анищги, динияб даражаялде данде кколеб ишги. Гьес гьижра гьабураб сон ккола 1303 сон. Маккаялда гьесул г1умруялъул бицунаго рехсолеб буго:

Азаралда укънусиль тарих байбихьарабго

Гъавсас т1адеги ах1ун мужадидлъун гьавурав.

Г1агарлъи-божилъиялъулгун къо-мех лъик1ги гьабун, жиндирго руччабиги цадахь рачун, Дагъистаналдаса къокъагун Г1ободияс сапар бухьана Турциялде, гьенисан Мадинаялде, гьениб дагьабго заманги бан Маккаялде. Вач1ун г1емсраб мех иналде шагьаралда гьев машгьурлъула, гьесул г1елмуялъул ц1ар уна. Гьесие гьабураб х1урмат, адабалъул бицунеб буго, гьесда цадахь вук1арав, гьесул х1акъикъат жинда лъик1лъалев Къарахъа Малламух1амадил назмуялда:

 

Мужадид т1аде шведал Маккашагьар ч1ух1ана,

Кинабниги жамаг1ат рохел гьабун къач1ана.

Сайид Х1усен муршидас вацлъун къабул гьавуна,

Жиндирго х1ужраялъул ихтияр гьесухь кьуна.

Къут1бул гъавсас мужадид квер ккун рукъове ц1ана,

К1иябго х1арамалда ч1езе ихтияр кьуна.

Халкъ иршад гьабиялъул халипалъун гьавуна,

Муршидасул х1алалда х1исабтун разилъана.

Маккаялъул жамаг1ат гьесде т1аде гьет1ана.

 

Гьедин, анц1го соналде г1агарун заманаяль, гьес имамлъи гьабуна Маккаялъе ва сверухь ругел г1арабиязул бусургьабазул пачалихъазе. Гьениб хасго загьирлъана г1елму, динияб жигарчилъи, кашфу, карамат. Гьесда свеухь цолъана машгьурал г1алимзаби, гьез Дагъистаналде рит1улаан х1ажатал т1ахьал, малъиялъул кагътал, х1аракат бахъулаан ват1аналда дин чучлъунгут1иялъе х1алт1и гьабизе. Маккаялда гьесул рукь бук1ана нилъер хIажизабазе гьоболрукълъун, гьениве щварав Г1ободиясул гьудул Гиничукьа ХIайдарбегхIажияс берцинго бицун буго гьелъул хIакъикъат. Маккаялда хъварал pyro ГIободиясул цо-цо исламиял т1ахьалги. Гьев хун вуго 1313 сональ, гьенивго вукъунги вуго муг1алаялда.

Абула ГIободияс кинабниги 26 т1ехь хъванилан. Гьесул х1акъалъуль нилъеда кодоре щварал баяназда рехсон pyro:

"КАНЗУЛ ДУРАР", "НАБЗАТУ ССАНАР", "ФАТХ1УЛ PAX1MAH", "MYXIAPAP", "НАБЗАТУ ССАМАД", "ШАВАРИКЪУЛ АНВАР".

Гьелги хъван pyro гъваридаб динияб бич1ч1иялъул ва лъаялъул кьуч1алда, Къуръан, шаригIат, т1арикъат баян гьарун, гьезул балъголъабазде ваккун. Гьес малъулеб бyro жиндие баччизе зах1матаб, жинца т1убан х1алт1изабизе к1олареб т1арикъаталда квер бач1ого, г1адатияв муъминчиясе мустах1икъаб бугин шаригIаталъул арканалги ц1унун, гьелги тIуразарун вук1ине, Цогиги гьес малъулеб буго исламалъул т1асияб х1ок1иде вахиналде, цин цебе гьелда рекъараб тарбия кьезе ккелин жиндирго напсалъе, черхалъе. Гьеб х1исабал да гурони диналъул гъварилъуде вахине, г1елмуялъул борхалъабазде ваккизеги рес бук1унарин, бажаруларин. Г1ободияс г1адатиял г1адамазе диналъул нухал къварид гьарулароан, гьесда ц1акь лъик1 лъалаан чиясухъа бажарулебги гьесда х1алк1оларебги. Гьес г1езаруна лъик1ал г1алимзаби: Г1ободаса Сиражудин, гьенисаго ГIабдулпатах1, Аргъваниса Мух1амадх1ажи, Ахъташ-ГIавухъалдаса ТIалх1ат, Гъумекиса ХIажиахIмад, Хуштадаса Г1ирмух1мад, Ингишоса Абакар, Алмахъалдаса Г1амирг1али, Хъумторхъалаялдаса Идрис, Г1андиса ГIабдулагь, ГIуриса Г1усмандибир, Юртг1авухъалдаса Гурил Myxlaмaд.

Халкъалда диналъул балъголъаби малъулаго, гьезие гIелмиял къанунал баян гьарулаго, Г1ободияс гурх1ел гьеч1еб къеркьей гьабулеб бук1ана шарг1алъул хиянатчаг1азе, диналъул цIогьазде, к1игьумерчилъиялде данде. Диналъе гьес тIалаб гьабулеб букIана рац1ц1алъи. Гьесул х1акъалъуль хъварал асаразуль баян гьабун буго гьесул лъабкъоялда анц1азарго мурид вукIанилан, гьанжесел ц1аларал г1адамазги абула жакъаги гьесул вирд босаразул къадар къоазаргоялдаса ц1ик1к1унилан. Гьединаб бук1ана Г1ободиясул г1елмудал гучги, жиндирго мисалги.

Гьесие кьурал къиматазул бищун мустах1икъаблъун дидабихьула Hpкъшубандияб т1арикъаталъул шайих Шуг1айб Багиниясул калам: «Гlелму ладуналда г1амалги бугев раббанияб бич lчlиги жиндихъе щварав, г1алимзабазулги гlалим, хириязулги сайид, рацlц1адазулги тажлъун вугев, ХlажиМухlамад апанди, ал-Г1ободийи Дагъистан, разиялагьу гlангьу, Г1ободаса Мухlамадхlажияв, жиндаса Аллагь разилъаяв, гьев щвана къутlбияталъул даражаялде ва кlудияб валилъиялдеги, Гьев вукlана Аварагасул суннаталда нахъ вилълъиналъулъги, бац1цlадаб шаригlат кквеялъулъги, Аварагасул нухал камил гьариялъулъги, Ах1мадил ч1унтарал караматал ч1аго гьариялъулъги, Аварагасул нухде халкь тlобитlиялъулъги кинавниги гlелмуялда гlамал гьабулев гlалимги ва камилав муршидги гlажизлъулеб даражаялда».

Гьелдаса мустахlикъаб къимат хlажат гьечlин ккола. Гьаб т1ехьалье асарал ва баянал гlемерал соназ хадув лъугьун, тlадчlун данде гьаруна Гlабдулпатах1ица ва гьаб басмаялде бахъизе х1адур гьабуна. Гьаб кlудияб хlалтlухь магlарул халкъалъул маданият, адабият, дин, гlелму бокьулез гьесие ракlбацlцlдаго гьабураб хlалтlухь к1удияб баркала кьеялда божула, т1ураги гьесул мурадал. Гьаб т1ехь буго нилъер устарасул х1акъалъуль тlоцебе къватlибе биччалеб бугеб, хlалбихьи гьеч1ого, киналдаго хадур гъеч1ого ратизе бегьула гъалатlалги г1унгут1абиги. Гьездаса тlаса лъугьаян гьари буго нужеде хириял диналъул вацал.

 

         

         

 

При использовании материалов, ссылка на сайт

www.fatiha.ru обязательна!

 

 ©Copyright 2008 -fatiha.ru. All Rights Reserved

Вопросы и пожелания: magomedg@mail.ru

 

 

   

 

   


газовая горелка . Качественные светильники нпп недорого на сайте нашей компании. . GESAN DPS 250