|
|
بسم الله الرحمن الرحيم |
|
||||||||
|
|
ФАТИХА страница о МУХАммАДЕ ХАДЖИ ОБОДИЯВЕ (пусть его Баракат и Шафаат достанется всем нам)
367029.Россия, Республика Дагестан, г. Махачкала, ул. Трудовая дом 53 E-mail: magomedg@mail.ru |
|
FATIHA
MUHAMMAD HADJI OBODIYV CHARITABLE FUND
367029. str.Trudovay 53, city Makhachkala, Republic Dagestan, Russia E-mail: magomedg@mail.ru |
|
||||||
|
|
|
|||||||||
|
|
РУССКИЙ ۞ АРАБСКИЙ ۞ АНГЛИЙСКИЙ ۞ АВАРСКИЙ ۞ ДАРГИНСКИЙ ۞ КУМЫКСКИЙ ۞ ЛАКСКИЙ ۞ ЛЕЗГИНСКИЙ ۞ ЧЕЧЕНСКИЙ |
|
||||||||
|
|
|
|||||||
|
|
Гьеб кIиябго нухалдалъун гIадамал тIоритIулев устарасе къваригIуна аварагасдасан (св.т.гI.вас.) байбихьун гьоркьоса къотIичIеб тIарикъаталъул силсилаялда вугев чияс изну кьезе, ай жиндирго маъзунлъун гьавизе, чIван мугьругун, изну кьеялъул кагъатги хъван».
ТIОЦЕБЕСЕБ КАГЪАТ Гьаб кагъат хъвалеб буго гIажизав шайихасдасан -МухIамад ад-Дагъистаниясдасан исламалъул агьлуялде, муридзабаздеги, хасго дир муридзабазде. Ассламу гIалайкум ва рахIматуллагьи тагIала ва баракатугьу. Амин!
Амма багIду (ва гьелдаса хадуб). Цоцалъ рокьа-хинлъи гьабиялдалъун
цебе тIарикъат букIиндал алжаналде лъугьиналъе сабаблъун, батIияв
маъзунасде, батIияв шайихасде хьандон, цоцалъ дагIбади, цоцада
нахърилъунгутIи сабаблъун гьанже гьебги лъугьун бугелъул жужахIалде
иналъе сабаблъун, дица нужеде насихIат гьабулеб буго, я, иман лъурал
гIадамал: кагъат хъван, мугьруги чIван ссарихIаб (кьучIаб)
изнуялдалъун жал ругел киналго шайихзабиги гьезул маъзунзабиги руго
аварагасул (св.т.гI.ва.с.) варисзаби. Муршидасдеги, caxlиxlaв
(хIакъав, витIарав) маъзунасдеги жинца инкар гьабурав чи — гьев
ккола расуласде (аварагасде) (св.т.гI.вас.), инкар гьабурав чи.
Аварагасде инкар гьабурав чи ккола, Аллагьасде инкар гьабурав чи.
Аллагьасде инкар гьабурав чиги капурлъула, ай капурчи вуго гьев. Аллагьас абуна: «Ла нурил минкум илла муваддатан филкъуба». Гьединго абуна: «Инна ллазина аману саяжгIалу лагълу ррахIману вудда». Аллагь вокьи жинца ццин бахъиналъухъ хисарав чи хIакълъунго иманалъул гIаламатаздаса вахъула (ай гьесдаса иман батIалъула). Гьелъул пикру гьабе нужеца, диe бокъулеб агьлу, нужеда Аллагь гурхIаял! Дие дугIаги гьабе».
КIИАБИЛЕБ КАГЪАТ ХIажи МухIамад ал-ГIободиясдасан киналго муридзабазде. Ассаламу гIалайкум (салам буго) цIадал тIираби рикIкIун, гъутIбузул тIанхал рикIкIун. Амин! Амма багIду (ва гьелдаса хадуб). Шайихзабазулги устарзабазулги изнуги гьечIого, дагIбаги фитнабиги гьарун, чан нухалъ нужеца тIарикьат хараб гьабизе (хвезабизе) бугеб? Дир амруги нужеца чан нухалъ гlaдaдa хвезабилеб, ишадалъулъ цоцазде дагIбабиги ран? Гьанже дица Дагъистаналъул иш тIамун тана нужерго машгьурал къутIбуязде ва гIакъилал муршидаздеги. Гьаб дир насихIаталда нахърилълъарал чагIи, нужеца нужго цIуне, гьаб нижер нух битIараб бугин, ниж гурезул нух мекъабилан абулеб бугин дицайилан ккун, нужеца гьелда ракI чIезабиялдаса. Щаян абуни, гьеб игIтикъад (ракIчIезаби) кинабгоги къосиналъул бищун кIудияб къосин буго, гIисяналъул бищун къабихIабги буго. Элдаса Аллагьас цIунаги. Загьираб тадрисалъеги (гIелмуялъеги) батIинияб (балъгояб) иршадалъеги изну кьей, шаргIалда рекъон, тIадаб жо буго. Киналго разилъун гьеб кIиялъулго шартIгунги рикIкIуна аварагасда (св.т.гI.вас.) сахIихIияб (батIияб) къагIидаялъ хурхинаби (ай аварагасдасан бачIараб букIин чIезаби).
ЛЪАБАБИЛЕБ КАГЪАТ
Амма багIду (ва гьелдаса хадуб). Нилъеда гьоркьоб сафар халалъидал,
нилъер махIаббатги (рокьа-хинлъи) къотIидал, дица битIулеб буго
нужехъе кагъат, нижер ахIвал-хIал баян гьабун, нужеда нижер
ахIвал-хIалги лъазе. Нужеца гьикъулеб батани нижер ахIвал-хIал, ниж
Аллагьасе реццалда руго. Кинниги дун ватIалъана хъизамалдаса, цо
чачанай чIужу хутIизегIан. Цинги гIемераб салам ГIободаса МухIамадил вас ХIусениде, ГIорутIаса МухIамадидеги, Колоса ГIумаридеги. Нужеда лъалел дир налъабиги ракIаре. Нужецаги босе ГIободаса МухIамадил вас Шамхалихъа щуго тумен. Цинги азарго, азарго, азарго салам дир лъималазде — дие рокьулел рухIаздеги. МелъелтIаса Абубакар-хIажиде, Аргъваниса МухIамад-хIажидеги, Хушдадаса ФирмухIамад-хIажидеги-нужеде васият гьабулеб буго, дир лъимал, нужеца тIадчIей гьабе нуфусал (чурхдул) цIуниялдаги, муридзабазе тарбия кьеялдаги, халкъ тIобитIиялдаги. Нужги цIуне гIадамазе (нужго) машгьурлъиялдасаги (диналъул) вацазда гьоркьоб дагIба-рагIи гьабиялдасаги. Дие дугIаги гьабе. Эрпелиса Давудие ГIободияс гьабураб вагIзаги буго гьеб тIехьалда. ТIубанго кьечIого, гьелъул байбихьи гьаниб хъвазе рекъараблъун бихьана: «Я, дир вас, мун рикъзи тIалаб гьабизе хехлъуге. Рикъзи гьечIо хехлъиялда бараб жо. Рикъзи буго лавхIалда ажалгин (инсан холеб лахIзатгин) цадахъ хъван. Дуца сабру гьабуни, рикъзиялъ мун тIалаб гьавизе вуго. Гьаб буго Аллагьас нилъее гьабураб вагIза. Мун гьеб вагIза къабул гьабулевлъун вукIа. Тажвидалда (махражалда) Къуръан цIале. ХIуруфал тIepeн гьариги, риццат гьариги хавасазда тIадаб жо буго, ай кьури гьечIеб фарз буго». Къуръан цIалейилан васият гьаби гуребги, ГIободияс жиндирго тIахьазда насихIат гьабулеб буго Къуръаналъул къимат гьабейиланги. Къуръан жаниб бугеб гъамасалдагицин квер хъвазе хIарамаб бугила какичури гьечIони. Гьединабго хIурмат-адаб гьабизе тIадаб бугила Аллагьасул шаргIалъул бицунел тIахьазулги. ТIехьалъул ахиралда «ГIободиясул риваятал» абулеб бетIералда Гьарадерихъа ХIабибуллагьица лъун руго гьес абулел рагIарал жал. Нижецаги кьолел руго. |
|
||||||
|
|
|
|||||||
|
|
|
|||||||
|
|
|
|||||||||
|
|
|
При использовании материалов, ссылка на сайт www.fatiha.ru обязательна! |
©Copyright 2008 -fatiha.ru. All Rights Reserved Вопросы и пожелания: magomedg@mail.ru |
|
|
|||||
|
|
|
|||||||||
|
|
|
|
||||||||