Цо чанго соналъ цебеги Генуса Г1абдулагь-х1ажияв устарасул (1853-1916) (рах1имагьуллагь) хобалда т1ад бараб рукъги, ай ч1унтараб зияратги гьесул ц1аралда хурхарал цо-цо бак1алги хут1ун рук1ин гурони, жалго гендеридагицин гьесулги гьесул ишазулги х1акъалъулъ лъапеб жо ц1акъ мукъсанаб бук1ана. Гьединаб х1асилалде нилъ рачана 70 соналдаса ц1ик1к1араб заманалда диниял г1адамаздехун х1укуматалъул бук1араб рокьукъаб, тушманлъиялъулаб бербалагьиялъ.

Анц1-анц1 соназ гьукъаниги г1адамазда т1уранго к1очон теч1о доб заманалъул халкъиял церехъабиги, диниял х1аракатчаг1иги, рух1аниял бут1рулги. Гьанже, ц1ияб ах1вал-х1алалда маг1арулазги х1аракат гьабулеб буго к1очон толел рук1арал ц1арал къват1ире рахъизе. Газетал, журналал, радио, телевидение ва цогидал алатал гьоркьор ккун, халкъалъе загьирлъана анц1-анц1 г1алимзабазулги, шайихзабазулги, устарзабазулги, халкъиял багьадурзабазулги ва цогидал машгьурал г1адамазулги ц1иял ц1арал.

Амма гьезда гьоркьоб раг1улеб бук1инч1о шайих Г1абдулагь-Х1ажиясул (рах1имагьуллагь) ц1ap. Гьеб х1ужаялъ рах1ат хвезабуна гендерил х1аракатал г1адамазул. Чанго соналъ ч1вач1адана гьел зиярат къач1аялъул х1алт1и г1уц1улаго ва устарасул х1акъалъулъ бицейилан радиоялдеги, газетаздеги, г1алимзабазухъеги ругьелал рит1улаго. Амма  х1асил кколеб бук1инч1о. Гендерил Х1аракатчаг1азда бич1ч1ана Генусан гурони устарасул рух1ияб ирсги гьесул ц1арги ц1илъулареблъи. Гьеб бич1ч1идал, байбихьана унго-унгояб, parla-ракьанде щвараб х1алт1уде.

Къокъаб заманалда жаниб гьабуна к1удияб  х1алт1и. "Х1акъикъат" газеталъул чанго номералда къват1ибе кьуна устарасул х1акъалъулъ макъалаби. Гьесул х1акъалъулъ назмаби рахъана Унсоколо районалъул "Ахихъан" газеталда. 1996 соналъул 25 октябралда к1одо гьабуна Г1абдулагь-х1ажияв устар (рах1имагьуллагь) шагьидлъаралдаса 80 сон т1убай ва гьеб къо сверана щибаб соналъ устарасул х1урматалда тадбир т1обит1улеб къоялде. Къач1ана устарасул зиярат ва гьелда цебе бук1араб баракатаб мажгит. 1997 соналда къват1ибе биччана кодоре щварал гьесул асарал данде росараб гьит1инабго т1ехь. 2000 соналъул №5 «Гьудуллъи» журналалда бахъана гьесул цо ваг1заялъул х1акъалъулъ макъала, басмаялда бахъулеб буго Харахьиса шаг1ир Мах1муд-апандица гьесул х1акъалъулъ хъвараб поэма. Гьаб, 1997 соналдаго х1адурун бук1араб мажмуг1 басмаялда бахъиги ккола, гьеб рахъалъ т1амулеб, иргадулаб галилъун.

           

Ц1иябги басриябги Генуб росу

(Басрияб росдал сурат батана Америкаялъул конгрессалъул библиотекаялда)

Генуса Г1абдулагь-х1ажияв (рах1имагьуллагь) гьавуна 1853 соналда имам Шамилил наиб К1удияв Г1алимух1амадил ва мурид Рекъав Ражабил яс Г1айшатил хъизамалда. Т1оцебесеб ц1ар гьесда бук1ана Ражабилав абун. Гьев ц1алана доб заманалда Генуб росулъ дибирлъун вук1арав Унсоколоса Г1абдуразакъ-х1ажиясда, Унсоколоса Г1абдулагь-х1ажиясда, Муниса Г1абдусамадида ва Сугъралъа Г1абдурах1ман-х1ажиясда цеве. 1877 соналда гьев вук1ана "хъанда шариг1аталъул", ай къокъаб гъазаваталъул жигарав г1ахьалчилъун. Жигараб динияб х1аракатчилъиялъе г1оло пачаясул х1укуматалъ, чанц1улго туснахъ гьавун, гьев Дагъистаналдаса къват1иве вит1ана. 1899 соналда, цадахъ муридзабазул к1удияб боги бачун ун, гьес борхана х1еж. Гьесул х1аракаталдалъун Генуб росулъ гьаруна ц1акъ г1емерал, г1адамазе пайдаял, кири ц1ик1к1арал х1алт1аби. Гьезда гьоркьор рехсезе бегьула Гендерил парсазде кьурулъан нух бахъи, мажгит г1ат1ид гьаби, иххидаса росу ц1унизе щулалъаби гьари, къулг1а бай, имам Гъазимух1амадил зиярат къач1ай г1адал ишалги.

Г1абдулагь-х1ажиясул (рах1имагьуллагь) г1умруялъулъ хасаб бак1 ккола Генуб росулъ XX г1асруялъул авалалда гьес рагьараб мадрасаялъ. Мадрасаялъе устарас бан бук1айа к1удияб, к1ит1алаяб санаг1атаб мина. Маг1арухъ т1ок1аб гьединаб, хасаб, киналго шарт1ал ч1езарураб Мадраса бук1ин лъалеб гьеч1о. Т1олабго Дагъистаналдаги, ц1акъ къанаг1ат гурони, бук1ун батиларо гьеб тайпаялъул ц1алул идара. Гендерил мадрасаялде хьвадулаан как-диналъул кьуч1аздасан, Къуръан ц1алиялдасан байбихьун камилаб г1елмуялде рахинег1ан ц1алулел ц1ивурзабиги, мутаг1илзабиги, т1алибзабиги. Гьелги рук1ана бат1и-бат1иял росабалъа рач1арал, бат1и-бат1иял миллатазул вакилзаби.

К1удияв г1алимчи, шайих, ц1ариг1аталъулги т1арикъаталъулги устар, жамг1ияв г1уц1арухъан, динияв х1аракатчи, мискинхалхъалъул гьудул, г1адатияв инсан Генуса Г1абдулагь-х1ажияв устар (рах1имагьуллагь) халкъалда жаниб ц1акъ къадру ц1ик1к1арав, г1адамазе живгоги жиндиего г1адамалги ц1акъ рокьулев, г1аламалъул жинде к1удияб мугъч1вай бугев чилъун вук1ана. Шагьидаб хвелалдалъун гьев г1умруялдаса ват1алъана 1916 соналда.

Устар ракьалдаса ин халкъалъего зах1матлъараб, г1аламалдаго унтараб лъугьа-бахъинлъун бук1ин бихьула гьев лъалезул асарал ц1алулаго. Машгьурал шаг1ирзаби гурел, г1алимзабиги, рекьарухъабиги, ахихъабиги, ай, къокъго абуни, г1адатиял маг1арулал назмаби гьаризе, жидерго раг1и абизе лъугьиналъго бихьизабула Г1абдулагь-х1ажияв (рах1имагьуллагь) халкъалда жаниб ц1акъго к1вар бугев, к1удияб даражаялъул, жинде г1адамазул божилъи ц1ик1к1арав Аллагьасул вали вук1аравлъи.

Гьаб тайпаялъул асарал гьаб мажмуг1алъ жанире рачараздаса ц1ик1к1ун рук1араллъи х1акъаб буго. Цо-к1иго чияс гуреб, раг1и абизе дагьабниги гьунар бугел г1адамаз, бихьинал-руччаби, г1исинал-ч1ах1иял, ц1аларал-жагьилал бат1алъи гьеч1ого, гьарун руго доб заманалда гьесде марсиятал.

Гьезда т1адеги, гьездаса т1ок1ги халкъалда жаниб инсанасул къадруги Аллагьасда цебе даражаги бихьизабизе киналниги раг1аби х1ажалъиларилан ккола. Халкъалъул рек1ел бух1и загьир гьарулел гьел марсиятазда цере, киг1ан берцинго абуниги, гьединал раг1абазул асарги т1аг1ина, къуватги хвела.

Цо дагьаб цебег1ан къват1ибе биччараб т1ехьалде рак1арарал асарал нилъехъе щвеялъе к1удияб квербакъи ккана жидер заманалда гьел данде рак1ариялъе х1алт1и гьабурал, гьанже нилъеда цадахъ гьеч1ел, жидер мунагьал чураял гендерил г1алимзаби, устарасул мадрасаялда ц1аларал ва гьенир муг1алималлъун х1алт1арал Гъазааил Г1абдулагьилги Г1алил Г1абдулагьилги ва гендерил колхоз-совхозалъе г1емерал соназ нухмалъи гьабурав устарасул васасул вас Мух1амадов Х1ажиг1абдулагьил. Асарал рак1аризе ва мажмуг1 х1адуризе квербакьана Генуса Мух1амаднурасул Мух1амадил Мух1амадх1ажияс, Х1ажи-дадал Муртазаг1алица ва Г1ашилт1аса Халидов Г1абдулх1амидица. Баянал кьезе, лугъат г1уц1изе ва цогидалъеги ц1акъго к1удияб кумек гьабуна Генуса исламияв г1алимчи Г1алил Г1абдулагьил Мух1амадил вас Мух1амадсултанх1ажияс. Мажмуг1 басмаялда бахъизе г1арцудалъун квербакъана Рихьуни ГЭСалъул директор Ге­нуса Мансуров Шамилица. Гьездаса Аллагь разилъаги ва, Г1абдулагь-х1ажиясул (рах1имагьуллагь) баракатги щвезабун, Аллагьас гьел рохизареги. К1удияб баркала гьел киназего.

Т1ехь биччаялдалъунги лъуг1уларо, даража т1адег1анлъаяв ва гьеб нилъее киназего насиблъаяв к1удияв шайих Генуса Г1абдулагь-х1ажиясул (рах1имагьуллагь) х1аракатчилъиги бечедаб рух1ияб ирсги лъазабиялъул х1алт1и. Аллагьас нилъее ки­назего тавпикъ кьеги хадубккунги, бажарараб куцалда, гьеб баракатаб ишалъе квербакъизе.   Амин!

 

Дуг1аялде хьулгун Мух1амаднаби.

 

Гьаниб нижеца бахъулеб буго Генуса Г1абдулагь-х1ажиясде (рах1имагьуллагь) гьарурал г1емерал асаразул цояб:

АМИНАТ (Харач1иса)

Бисмиллагьи ррах1мани ррах1им1

Нилъер Халикъасул тавпикъалдалъун

Х1абибасул нухда халкъ т1обит1улев.

Дагъистаналдаго ц lap машгьурлъарав,

Ч1ах1иял ханзаби мук1ур гьарурав,

Т1олго устарзаби жинде мут1иг1ав,

Генуб шагьаралда ч1валеб шагьримоц1.

Дуниял гвангъулеб баг1ар бакъ г1адав,

Щваги дур даража, X1ажи-Г1 абдулагь.

Вач1ине раг1ула муршидун камил

Моц1рол хьибил ккурав, канаб ц1ва г1адав,

Г1елмуялда жаниб сирру г1адинав,

Х1абибасда хьолбохъ Сиддикъун аг1зам,

Гъов жиндирго муршид цадахъги вачун,

Диналъул вацазде гьоболлъи базе.

Кванан г1орц1улареб хъах1аб чамасдак

Гьурщун бищун кванай диналъул вацал.

Гьекъон къеч ч1валареб Замзамалъул лъим

Ч1алг1инег1ан гъекъе диналъул яцал.

Риццалъарал рак1ал т1ерен гьарулев,

Гъафлаталъул чурхдул чурун рац1ц1унев,

Сират1алъул кьот1а цадахъ рачунев

Щваги дур даража, х1акъав мусаниф.

Жиндир гъапуялде цих1ин сверарав,

Жиндир х1ужрабахъе xlacpaт бергьарав,

 Жиндир каламалъухъ г1ашикълъарав чи

Г1арасалъул къоялъ къварид толарев.

Аллагь вокьулесе рокьул сабаблъун

Рух1 бахъулеб къоялъ къаданив ч1олев,

X1абиб хириясе даруялъул лъим,

Щвайги дур даража, жаг1фару сиддикъ.

Мухтарасул камиллъи кинахъего щун буго

Воре, щула гьабун ккве, диналъул вацал-яцал,

Бец1аб сордо гвангъизе релъедал моц1 баккула,

Баккун буго нилъее гьекъон г1орц1улареб лъим.

Алжаналъул нуц1ида ц lap хъван батаяв шайих,

Дуца квер т1ад лъеч 1они кинанха ниж рук1инел?

Фирдавсалъул мусудал насиб гьарун ратаяв,

Мун нижее щвеялъе щибаб рецц Аллагьасе1

Алжаналда жанивго х1аваг1ечул гъвет1 г1адав,

Х1асратаца кваназе Аллагьас нилъей кьурав,

X1ежрукъалда сверулеб т1авафалъул милъиршо,

Дур рокъосан баккулеб зикруялъул гьуинлъи.

Х1абибасул силсилат сабаблъун ккурав шайих,

Мун цевеса т1ерхьани къиямасеб къо гурищ?

Ч1ег1ерлъарал рак1аздажаниббакулеб чирахъ,

Дур калам раг1арасул керен нуралъул ц1олеб.

Ч1аг1а-г1аракъи гьекъон г1абдаллъун мехтарасе

Гьекъезе шарабги кьун, г1акъил гьавун вит1улев,

Къасаваталъул ц1еца гьалаглъарал г1адамал

Рак1ал чурун, черх бац1ц1ун тавбуялде ах1улев.

X1абибасул Равзаг1ан нур гвангъарал х1ужраби

Байтул маг1мур абураб г1илиюналде аги.

Аллагьас дуе кьурал дунялалъул мусудул

Г1айишат, Хадижатгун Г1арасалде ах1аяв.

Бичас насиб гьарурал бараках бугел васал

Т1агьир Лайибгун цадахъ Фирдавсалде ах1аяв.

Pax1матлъун дуй гьарурал адаб бугел дур ясал

Расуласул ясазул силсилагун ах1аяв.

Т1оцебе Халикъасде, хадуб Расуласдеги,

Цинги устарасдеги аманат нижер, Аллагь

Г1арасаталъул къоялъ къварид тогеян абун.

Устарас квер т1ад лъурай муъминзабазул эбел,

Муъминзабаз кваналеб алжанул ниг1мат г1адай,

Ах1аги мун Рабиг1ат-Г1адавиятгун цадахъ

Фирдавус алжаналда Аллагь вихьун х1алхьизе.

Шайихас квербакъулел киналго загьидинал

Кавсаралъул лъималде Пат1иматгун ах1аги.

Гьесул балагьи щолел т1олго мутакъиназе,

Аллагь разилъиги щун, x1уснул хатимат кьеги.

Гьесул адаб ц1унулел т1олго муъминзабазда

Алжанул рохел бицун Ризван малаик щваги.

Каранда ц1а бакидал абурал раг1абазда,

Г1 абдалалъул paг1 иян, воре, г1емер релъуге.

Лугбуда сири байдал угьун биччараб х1ухьел,

Ах1макъалъул хабаран, халгьабич1ого тоге.

Харач1иса Аминтил ц1акъаб урхъараб салам

Генуса Г1айиштиде, диналъул яцаздеги.

1916с.


Канализационная насосная станция для загородного дома. . Компания Экстра Лайт - продаем мясо свинины оптом. . Таблица цен на пластиковые окна ПВХ.