Зах1мат бихьич1ого рах1ат бокьарас

Бекьич1ого лъилъе, ниль гьеч1ого хур.

***

Масала, г1акъилас г1адан теларо,

Тушман вугониги, г1адада хвезе.

***

Лъураб бугьтан рихун хвезе вахъунге,

Пихь гьеч1еб гъот1ода т1ил реч1ч1уларин.

Т1адагьаб къавмалъул къил-къвал ц1ехоге,

Ц1амул гьирал рец1ц1ун гьоц1о кьоларин.

***

Къуваталда рак1 ч1ун къеркьезе лълъунге,

Лълъар бугии къоязда къвалакь тункулеб.

Къабих1лъун чи вихьун, ч1ух1и гьабуге,

Х1инкъарасул зарин зазг1ан бег1ераб.

***

Чан пайдаяб иш бугеб, жиндасан чи т1урулеб;

Чан заралаб жо бугеб, жиб тун чи вук1унареб.

***

Гьерсил чода рек1арав хехго гъоркье рещт1уна,

Цинги лъелго вилълъине х1ат1ида г1иц1го ккола.

***

Унеб буго дур г1yмpy, хьонда бот1ил ч1ор г1адин,

Толеб буго дуниял, юргъачуялъ нyх г1адин.

***

Къваридаб х1ал чучун чвахизе гурищ

Чорхол маг1на лъалес маг1у ц1унулеб.

Муг1рул гьаргьадулеб балагь щваразе

Бигьаяб дарулъун лълъун буго г1оди.

***

Ват1анияб т1алаб т1обит1улаго

Т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ap к1оченаро.

***

Хьваг1араб хвалчаца чаран къот1улел

Чамасул квералдай ракьулъе ккарал.

Кверал къот1аниги къали багъулел

Къиматаб чан бет1ер чабхиль т1упараб.

***

Хвалчабазул балал беццал жал руго,

Реццалъе рекъарал лугби къот1улел.

***

Гьирие г1орц1ен хьихье,

Рахьдае г1ака беч1ч1е.

***

Т1убач1ел къоязде ккун, къарумил мал ккуниги,

Ахир дуе,кьолеб жо цо кьог1аб лълъар хвелалъул,

Къайсарил мулк кодобгин кисрал тах мерхьаниги,

Ахир босун унеб жо анц1го нат1 мусруялъул.

***

Бичас т1амурабан т1аде щваралъе,

Т1ул-рак1 суданиги, сабру кин кквелеб.

Лавх1алда къирараб къадар бугилан,

Къварилъи щваниги, щукру кинаб жо.

***

Щибаб цо рух1алъе лах1туги хобги

Ахир цох1олъидал — цояв т1ок1лъуге.

***

Гъосол ц1ураб къвач1иниб г1арац-месед кин балеб,

Хъублъи къват1ибе ч1ехьон жаниса чурич1ого.

***

Г1адан дулъго хьондаллъулеб

Хьвада-ч1вади биччан тоге.


Дизель генераторы любой мощности: резервный дизель-генератор. Дизельное топливо из пластика. . Получение строительных лицензий Калининград. Получение строительной лицензии ростов. . имущественный комплекс в одессе.