|
|
|
|||||||
|
|
Бакьагьич1иса
Тажудин (Ч1анка)
Х1акъикъаталдаги
Ч1анк1а вук1ун вуго
берцинав, ворхатав цо г1ажаибаб
дангъва гьурмада
бугев чи. Т1арц1аб мегеж, борхатаб нодо,
ч1ах1иял, рек1елъе лъугьунел берал.
Щибаб рагъа-рашари
бук1ун буго г1одобе биччараб,
валимах1аб. Гьаракь бук1ун буго киг1ан
хъач1аб раг1иги тамах гьабулеб, амма
цо хасаб рак1ч1ей жиндилъ бугеб, мух1канаб, жиндиего
хасаб къвак1и гъорлъ бугеб. Киназго
бицуна гьесул рилъиналъул: т1адагьаб,
рак1ч1араб,
къарт1аб. Заманалъе дунялал ле вач1ун
вук1инги бич1ч1улев, амма гьелъухъаги
х1инкъуларев чиясул бук1уна
гьединаб рилъин. Ч1анк1алъ
бук1араб къарт1алда, цо къвак1иялда
цадахъго бук1ун буго х1алимлъиги.
тамахлъиги.
Бицен буго ургъунго Ч1анк1а вач1унев вугилан раг1ун гьев вихьизе г1оло рач1унел рук1аралила Хундерил
базаралде rlaдамал.
Т1ад рет1араб рат1лилъниги, гьабулеб х1алт1улъниги
бук1ун буго аск1ов ч1арав чицин
вак1а-ваххаризавулеб г1амал. Росдал
г1олохъабаз Ч1анкал квер сайгъат г1адин
босулеб
бук1ун буго — квералъулъги бук1ун
буго Ч1анк1ае
хасаб чи хинлъизавулеб асар. Бакьагьич1иб
цо к1удияб къиматго гьабуларо
кучIдул
ах1улел, гьел гьарулел, кьурдулел г1адамазул.
Цебесеб заманалъ хасго гьабулеб бук1ун
гьеч1о. Амма Ч1анк1адехун бат1ияб
бербалагьи
бук1ун буго г1олохъабазул: жиндирго
х1уржаялъуса къват1иве вахъине
толев вук1ун гьеч1о г1олохъабаз гьев,
кидаго
кумек гьабулеб бук1ун буго гьесие бокьоб-къват1иб
гьабизе кколеб г1иси-бикъинаб х1алт1и
гьабизе. Батизе бегьула гьеб г1алимчиясдехун
гьабулеб бук1араб адаб, ц1аларав чиясдехун
бугеб бербалагьи. Х1акъикъаталдаги
Ч1анк1а ц1алана Буц1раса Исх1акъил Мух1амадида,
Г1ашилт1аса Къурбанг1алида, Местерухъа
Нурмух1амадида, ц1ар раг1арав математик
Ч1ик1аса Х1амзах1ажида ва цогидалги
г1алимзабазда цеве. Ч1анк1ада лъалеб бук1ун
буго г1араб мац1алъул грамматика, лексика,
гьединго логика, математика, космография,
риторика ва диниял г1елмаби, тарих. Бищунго
Ч1анк1ае бокьулеб бук1ун буго ва
гьесда лъик1 лъалеб бук1ун буго
астрономия. Гьелъ
батила г1олохъабазулги Ч1анк1адехун цо
хасаб бат1ияб адаб бук1араб. Ц1акъ
зах1мат буго
абизе Ч1анк1аца хъварал куч1дузе г1оло
гьабураб адаб батилилан. Бицанихъе, Ч1анк1аца
къанаг1ат гурони жиндирго кеч1 г1адамазда,
хасго росуцоязда бихьулеб бук1ун
гьеч1о, нагагьлъун бихьаниги абулеб
бук1ун буго лъилалиго бугилан. Нечон
вук1унги х1инкъун вук1унги гуро. Гьеб буго
адабияталдехунги раг1удехунги, живго вижараб
росулъ ругел г1адатаздехунги, жиндирго
исламияб диналдехунги
бугеб адаб. Ч1анк1ал
заманалъ росулъ ккана гьадинаб лъугьа-бахъин.
Цо г1олилас, щиб гьоркьоблъи
к1иязулто бук1арабали, пуланай
ясалдаса къот1ноб бот1родаса ч1инч1о бахъун
буго. Яс г1одилаго
рокъое т1урун йиго. «Вай дир яс, гьеб
рогьоги босун рокъое яч1инег1аги кин
к1вараб?» — иланги абун эбел ун йиго нахъа
рокъое. Гьенив кваналев вук1ун вуго
гьезухъе вач1арав
гьобол. «Духъ нус бугебищ? Кье цо
бегьилеблъун батани...» — ян гьарун буго
эбелалъ гьоболасда. Пикруго гьабич1ого,
сундуениги х1ажат батилилан кьун
буго гьоболас рачлихъ бан бук1араб нус. Эбелалъ
гьеб нус,
гьеб бак1алъго, гьоболасда цебе
жиндирго
щокъроб бахъун буго. Гьединал
г1адатал ругеб росулъ вижарав, Ч1анк1ал г1адаб г1амалалъул чиясда к1оларо,
мисалалъе,
— Кверазул
ишанал, беразул чали, Шавкъалъ
чи виунеб угьулеб х1охьел. Бахъун
чохт1о къала дир чара хвезе,
Чирахъул
нур г1адаб нодоги лъухьун. —
гьал мухъал жиндица
хъварал
ругилан абизе.
Хасго ц1аларав чиги вугони. К1олаан Мах1мудида. Мах1мудица
гьебго заманалъ
хъвана гьадинан: Сардилъ
жавгьар г1адаб г1иц1аб черхалъул, Чилайдул
гъалал ц1ан ц1унк1ана берал. Ц1орол
мат1уг1адаб хъах1аб гьурмадул, Килщид
къунщби кьурун къакъана курмул. Киг1ан
нечаниги чара хваялъул, Черхалда гьан теч1о тамах гьабич1еб… Г1умарх1ажи
Шахтамановасул «Муг1алимги мутаг1илги»
— абураб т1ехьалда руго гьадинал
мухъал. «Къуръаналъул
т1огьиллъарал т1амчазул раг1алда
руго гьадинал
хъвай-хъваг1аял: Гьале,
щулияб,
къалам кодоб ругьунаб квералъ нахъе
тарал роц1арал, баянал мухъал. Гьеб
буго, дие ирсалъе
жиндирго ц1арги тун, дун гьавилалдего
хварав дир к1удадал хат1. Дица гьеб ц1алулеб
буго: «Гьижра
жойид гьабулареб
гьаб заманалъул тарих рик1к1еналде
рекъон 1909 соналъ, т1адег1анав
бичасул лагъ, дун х1ежги борхун
Маккаялдаса т1ад вуссун щвана. Чу
биларав ц1алахъ г1одула рин
аби буго. Амма дун г1одилев вуго.
Аварагасул
хабада как базе щваниги щиб, гьениве
унаго нухда гьалмагъ, гьудул нух
цадахъав г1алим
Тажудин1 вукъарав дие.
Аллагьас кьураб роххелги, гьес т1аде т1амураб
къварилъиги дир рек1елъ цоцазда
къвалги бан регун руго. Сабру
кье, Т1адег1анав, дур лагьасул х1алуцараб
рак1алъе, квер лъе гьесул сахлъулареб
ругънада». Гьеб
хъвай-хъваг1ай гурони Ч1анк1ал
хвелалъул
х1акъалъулъ щибниги лъалеб жо гьеч1илан
тун буго. Киса-кибего хъвалеб буго Ч1анк1а
х1еж борхизе унаго нухда хванилан. Гьеб
мекъиги буго. Нилъеда
киназдаго лъалей, киса-киего рехсолей
маг1аби гьарулей Хажа гурейги Ч1анк1ал
цойгиги яц йик1ана — Патуч. Росги
хун хехго къуруллъарай
Патучил рокьи ккараб мадугьалихъ
вук1арав жиндасаго гьит1инав васасухъ, гьесие
росасеги ине ккарай ахир-къадги.
Патучиеги гьев г1олиласеги гьаюна жегиги
ч1аго йигей (1990
сон) яс—Пат1имат. Гьей
Пат1иматица
бицуна, жиндида рак1алда бугила,
жий
гьит1инаб мехалъ абулаанила: Ч1анк1аца
лъабго нухалъ х1еж борханилан. К1иго
нухалъ жиндиего
г1оло борхун буго,
лъабабилеб нухалъ рокъове т1ад вуссине г1арцухъ
борхун буго. Лъабабилеб нухалъ херлъарав
заг1иплъарав чиясе г1оло х1еж борохизе
унаго нухда хун вуго. Цадахъ ккун
вук1арав
Рихьуниса чиясухъе кьун Ч1анк1аца
рокъобе бит1ун бач1ун буго х1ежалъул
т1агъургн,
жиндирго чухъаги, саг1атги. Гьевго рихьунисес
ругьелги бач1ун
буго, Ч1анк1аца абунила
жиндир чухъа хвараб мехалъ
эбелалда т1ад бигъеян.
Рихьунисев (гьесда ц1ар Пат1иматида
лъалеб гьеч1о) вач1иналдего г1агарлъиялъ
Ч1анк1ада хадуб г1арацги бит1ун буго,
амма щварабищ гьеб Ч1анк1ахъе щвеч1ебищали
лъазе к1ун гьеч1о.
Чанк1ада
цадахъ х1ежалде ун вук1ана Бакьагьич1иса Шайихг1али абулев ресалда
вугев чиги. Гьев Шайихг1алил яц ккола.
Гьат1астанги
(Ч1анк1ал ч1ужу). Ч1анк1адаго
цадахъ, Шайихг1алиги вуссинч1о х1ежалдаса.
Х1ежги борхизе инсул хобги ц1ехезе къват1иве
вахъана Шайихг1алил вас Гъалбац1х1ажи.
Гъалбац1х1ажица
бицунаан Шайихг1алилги Ч1анк1алги
хоб цоцазда аск1об Вади-Фат1има абулеб
бак1алъ бугилан. Гъалбац1ажица бицанихъе
Ч1анк1аги, Шайихг1алиги гьездаго цадахъ
рук1арал заг1иплъарал г1адамал рокъобе
нух бахъизе к1олез рехон тун руго. Рехон
теч1ого ресги бук1ун гьеч1о. Лъаг1алида;
жаниб цо
нухалъ гурони гамаги бач1унеб бук1ун
гьеч1о, цойгиги лъаг1елалъ унтаразда
аск1ор ч1ани
жалгоги холел рук1ун руго, гамиде
унтарал раччизе ресги бук1ун гьеч1о.
Ракъун, къечон, бакъукье унтарал г1адамалги
рехун аниги
гьел цадахъ рук1аразде х1акъи-къаталдаги
г1айиб
гьабизе
бегьуларо. Инсан
жиндирго рокъов талих1ав гьеч1они кивниги
талих1ав вук1унарин абула. Ч1анк1а, нилъехъе
щвезе к1варал баяназда рекъон, рокъов
талих1ав вук1ун гьеч1о. Гьесул
ч1ужу Гьат1астан йик1ана, нилъеца цебехун
абухъе, рес бугеб хъизамалъул яс. Ч1анк1алги
Гьат1астанилги дандеги кколеб бук1ун
гьеч1о. Бицанихъе, гьезие ясги гьаюн йик1ун
йиго, амма гьей гьит1инго хун йиго. Ч1анк1ал
дъимал рук1инч1о.
Ч1анк1а х1ежалде унеб мехалъ гьес
Гьат1астанида
абун бук1ун буго жив лъабго
соналдасан вуссинч1они дуего
бокьараб гьабеян.
Цо пуланаб къоялъ борч1араб гъеж
жанибе ккезабизе Бакьагьеч1иве ах1ун
вуго Гьолокьа Мах1судилан абулев чи.
Гьес гъеж жанибе ккезабуралъухъ
мухь босун гьеч1о, гьарун
буго, бегьилеблъун батани, Гьат1астан
.жиндие кьеян.
Гьедин кканин Гьат1астан Гьолокьеян
бицуна. Гьеб бук1ун буго Ч1анк1а х1ежалдаса
вуссинч1ого лъабабго сон бараб заман. Гьабсаг1ат
нилъеда цадахъ г1умру гьабулел
ругел росасулги лъадулги кинаб
гьоркьоблъиялъи бугеб, кинаб г1умру
гьезул бугебали лъазе к1олареб
мехалъ, доб заманаялъ Ч1анк1алги
Гьат1астанилги бук1Гараб
гьоркьоблъиялъул лъиданиги лъазе к1оларо.
Киг1ан цГакъ Ч1анк1ал творчествоялъе
к1вар бугеб суал гьеб кколеб бугониги гьеб
лъазабизе лъугьине нилъеда
рекъарабги гьеч1о. Ч1анк1ал
г1умруялъе лъик1аб гуреб асар гьабуна
яцалъул ккараб
лъугьа-бахъиналъги. Нилъеца
цебехун бицен гьабун бук1ана гьесул
яц
мадугьаласе рокьиги гьабун иналъул.
Ч1анк1ал г1адаб
хасияталъул ц1аларав чиясда
хасго доб заманаялъ гьединаб лъугьа-бахъаналъ
ругъун лъеч1ого хут1уларо. Ч1анк1ал
доб заманаялъ рук1арал пикрабиги ургъалабиги жакъа рахъун лъазабизе ц1акъ
зах1матаб жо буго. Амма х1албихьизе
бегьула. Росулъ т1орит1арал Ч1анк1ал ахирисел санал х1уржаялъур
ун руго. Гьев гьадинги.
кидаго х1уржаялъув
вук1унев чи, ахираб
заманалда гьениса къват1ивего
вахъунев вук1инч1илан
бицуна. Кидаго
диналда т1ад ч1ун т1ахьазде
т1аде къулун вук1ун вуго. Хасго
астрономиялде к1вар кьолеб бук1ун
буго.
Гьединан
вугони росдал г1адамаздаса ват1алъич1ого
гьев хут1ун ватуларо. Хъизаналъулъги
лъик1 гьеч1они яцалъул гьадаб лъугьа-бахъинги
ккун бугони, пикру гьабураб мехалъ
бич1ула Ч1анк1а росулъ янгъизго хут1и. Цойгиги,
киналго шаг1ирзабазул г1адат буго
жидерго ургъелал кагътиде рикьулел.
Ч1анк1аца,
нилъеда лъала, ц1акъ къанаг1ат гурони гьебги
гьабич1о; аслияб къаг1идаялъ гьесул шиг1раби
руго бат1иязул гьари къабул гьарун хъварал.
Гьаниб рехсезе ккола цойги гьадинаб
х1ужаги. Ч1анк1ал руго куч1дул бат1ияз
гьарун хъвач1ел, гьел киналго ккола
росасда йигей г1аданалде
гьабурал. Гьаб т1ехьалда лъун
ругел куч1дузе хъварал ц1ебераг1абазулъ,
ц1аларав чиясда гьеб пикру батула.
Росулъ, росасда йик1ун ятизе ккола Ч1анк1ал
рокьи ккарай г1адан.
Г1умруялдехун
Ч1анк1ал бук1араб бербалагьиги,
х1ежалде иналде цебе сундул пикрабазда
гьев вук1аравалиги, шаг1ирасул рек1ел рах1атхун
бук1инги нилъеда бич1ч1ула гьал раг1аби
ц1алараб мехалъги: Дунялалъул
къоял къварид риччазин, Къиямасеб
къоялъ шапаг1ат щвезе. Духъ
ккараб дир рокьи рукьбалъ ц1унизин, Бец1аб
лах1дуялъуб х1алхьи бук1ине. Х1ехьезин
гьаб г1азаб г1адаллъизег1ан, Г1арасалде
щведал диван гьабизе. Ч1анк1аца
живго х1ежалде ине къват1иве вахъунеб
мехалъ, Бакьагьич1иб хут1араб биценалда
рекъон, живго нуха рег1изениги, жиндаго
нух бит1агиян абизениги, я яцазе, я
хъизаналъе
рес кьун гьеч1о. Бакьагьич1иб Ч1анк1аца
т1амурал ахирисел саг1тал Хъах1аб росулъа
Мах1мудида цадахъ т1амун руго. Ч1анк1ал
х1ужраялъур цере т1ирит1ун т1ахьалгун
к1иявго шаг1ирас гьабун буто щуго-анлъго
саг1аталъ халат бахъараб гара-ч1вари,
бах1с. Ч1анк1аца г1агарлъиялъул щивниги
аск1овеги виччан гьеч1о, гьезул бук1араб
хабарги
абадиялъго балъголъилъун хут1ана. Бакьагьич1иса
Ч1анк1а нуха рег1ана Хъах1аб
росулъа Мах1мудица. Кида
Ч1анк1а рак1алде вач1аниги Мах1муд вач1уна
цеве, кида Мах1муд рехсаниги Ч1анк1а
щола рак1алде. К1иго
шаг1ирасул х1акъалъулъ хъвалеб бугониги,
к1иялго цадахъ рехсезе кколел ругони бокьаниги бокьич1ониги бач1уна пикру:
ки:нав лъик1ав? Шаг1ирзабазда
«номерал» ч1вазе бегьуларо,
гьезулъ т1оцебесевги к1иабилевги вук1унаро:
шаг1ирал рук1уна бат1и-бат1иял, щивасул
бук1уна жиде-жидер хат1, хаслъи, жиде-жидер дунял. Цоясул рак1алъе асар
гьабула пуланав шаг1ирас, цойгидазул
рак1алъе—цойгидас. Литератураялда
жаннб к1иясго
ккун буго
мустах1икъаб
бак1; гьабсаг1ат ц1акъ зах1малъилаан
к1иязулго асаралги гьеч1ого
нилъер адабият
цебе ч1езабизе; цебе ч1езабуниги ц1акъ
мискингоги бук1инаан. Кнназдаго
бич1ч1улеб, мух1канаб, филологаз
ч1езабураб. Ц1адаса Х1амзатица
тасдикъ гьабураб
пикру ккола Мах1мудил
вач1инго Ч1анк1адасан бук1анилан абураб. Г1умарх1ажи Шахтамановас жиндирго «Муг1алимги мутаг1илги» абураб т1охьолъ рехсолеб буго маг1арухъ батараб гьадинаб бицен. «Кеч1
ах1ун бахъана... Киналго бихьиналги
нахъе ун, коч1охъан живго хут1ана.
Чанго галул
манзилалъ гьесдасан рик1к1адег1ан гloдов
ч1ун вук1ана, керчго къунц1араб лах1ч1ег1ераб
мегежалъул бихьинчиясул бук1унареб г1адаб
берцинаб гьумералъул 35 сон барав г1адав
чи. Цо лах1заталъ гьезул берал дандч1вана
ва к1иялго цоцаздехун божилъиялъул асаргун
хант1ан т1аде рахъана. Коч1охъанасул
босараб кверги биччач1ого, гьес абуна: —
Квер щулалъаги дур, дир вац, пикру ц1убаги.
Ц1акъ лъик1 ах1ана дуца. Г1иц1го гьеб
кеч1 гьабурав чи щивали бице. —
Дуца гьабуна гьеб. Дун воххарав вуго Ч1анк1а, ахирги. мун вихьизе щвеялдаса. Мах1муд буго дида ц1ар. Хъах1аб росулъа Анасил Мух1амадил вас. Гьедин
ккана жеги г1емеразда лъаларев Мах1мудилги
гъоб заманалда маг1арул росабалъ
жиндир ц1ар машгьурав Ч1анк1алги т1оцебесеб
лъай-хъвай». Х1акъикъаталдаги
жиндицаго хъвалелде Мах1мудица
Ч1анк1ал куч1дул ах1улел рук1ун
руго. Хадуб Мах1мудица цо г1олохъанлъиялъул
ч1аголъи
реч1ч1изабуна, дагьабги гъваридго, бух1иледухъ
загьир гьабуна рокьи жиндирго куч1дузулъ,
дагьабги рик1к1аде бачана Ч1анк1ада
батараб нух. Жиндицаго Мах1мудица Ч1анк1а муг1алимлъун
рик1к1аниги гьел рук1ана т1убан бат1ияб
г1амал хасияталъул, т1убан бат1ияб рук1а-рахъиналъул
г1адамал. Мах1мудил куч1дул Ч1анк1алалдаса г1емералги
руго, Мах1мудица гьел жиндицаго axlyлелги
рук1ана. Мах1мудица жиндирго г1умроги
кьуна коч1оеги рокьуеги. Ч1анк1аца кьеч1о.
Ч1анк1а вук1ана нилъеца бицанихъе г1одобе Ч1анк1ада
кутакалда лъик1 лъалаан
Къуръаналъ
шаг1ирзаби реццулареблъиги,
жужах1алъуре
унел халкъалъул
церехъаби шаг1арзаби
кколилан гьениб
хъван бук1инги,
(26 сура, 224 аят),
амма Ч1анк1аца
хъвана. Расги
бигьаго бук1ун батиларо
Ч1анк1ае
жиндирго
кеч1
Дагъистаналда т1ибит1араб мехалъ
гьеб жиндир кеч1 бук1иналъе
мук1урлъизе. Бат1и-бат1ияв
шаг1ир,
бат1и-бат1ияб
къисмат,
бат1и-бат1ияб гьунар...
Гьедин
бук1ин лъик1ги
буго... Гъазимух1амад
ГЪАЛБАЦ1ОВ, хъвадарухъан. |
|
||||||
|
|
|
|||||||
|
|
|
|||||||