КЪУДУКЬА МУСАЛ МУХ1АМАД (МУСАЛАВ)
(1651— 1716)
Мух1амад гьавуна Къудукь росулъ (гьанжесеб Хьаргаби районалда) мискинав маг1арулав машгьурав г1алимчи Мусал хъизаналда. Гьев, къанаг1атаб бег1ераб пагьмуялъул, бергьун рак1 ц1одорав вас ц1алана цин жиндирго эмен Мусадасан, цинги Дагъистаналъул бищунго лъик1ал устарзабаздасаи, хадусеб анкьго соналъ ц1алун вуго Маккаялда Иеменалдаса гьенив ч1арав ц1ар paг1apae г1алимчи Салих1ил мадрасалда.
Бергьарав г1алимчиги вахъун, Мусалав вач1ун вуго Дагъистаналде ва т1олабго г1умру гьес кьун буго маг1арулазда гьоркьоб лъай-г1елму т1ибит1изабиялъе. Гьес нахъе тараб бечедаб г1елмияб ирсалда гьоркьор руго г1арабалъги авар мац1алъги хъварал шиг1руял асарал. Гьев ккола аваразул хъвавулаб литератураялъе кьуч1 лъурав т1оцевесев раг1ул устар. Мусалав хун вуго, Макка-Мадиналде унаго, Х1алабала-Алеппо шагьаралда. Гьениб буго гьесул хобги.
Г1АЙМАКИСА
АБУБАКАР
(1711-1797)
Абубакар гьавун вуго
Г1аймакиб
росулъ (гьанжесеб Хьаргаби районалда) г1алимчи
Муг1аватил хъизаналда. Инсудасан ва цогидалги Дагъистаналъул машгьурал
устарзабаздасан ц1алун, гьесул вахъун вуго ц1акъ
т1ари-къаталъул рахъ ккурав г1алимчи.
Абубакарил гьунар бук1ун буго г1арабалъги ва авар мац1алъги шиг1руял асарал хъвазе. Г1ажам алфавиталдаса пайдаги босун, гьес хъван буго шарг1алъул нухалде халкъ ах1улеб ваг1за-насих1аталъул 13 поэма. Аваразул хъвавулаб литератураялъе кьуч1 лъуразул цояв х1исабалда гьес хасаб бак| ккола нилъер адабияталда жаниб.
КУДАЛИСА Х1АСАН
(Бицанихъе 1715—1795)
Кудалиса Х1асан вук1ун вуго Г1аймакиса Абубакарил г1елалъул чи, гьел цого мадрасалда цадахъ ц1алулелги рук1ун руго, цоцазул пикру дандекколел гьудулзабиги рук1ун руго. Гьесги нахъе тун руго авар мац1алъ хъварал лъик1аланго философиялгун-насихГатиял асарал. Диналъул нухде халкъ ах1изе хъварал асаралъги гьев вихьула гъваридаб пикруялъул г1акъиллъунги, социалияб т1екълъиялда, зулмуялда данде ч1арав Г1алимчилъунги. Гьес к1удияб жигар бахъун буго рахьдал мац1алда хъвавулаб литература цебет1езабизе.
ГЬАРАК1УНИСА САГ1ИД
(1763—1834)
Саг1ид гьавун вуго Гьарак1униса Г1айишатие ва Г1аймакиса Абубакарил вас Мух1амадие. Гьит1инго эменги хун хут1арав Саг1ид, жиндаго аск1овеги вачун, к1удада Абубакарица ц1ализавун вуго. Хадуб гьес г1елму босун буго цогидалги машгьурал г1алимзабаздасан ва гьев вахъун вуго бергьарав г1алимчи. Гьесул квералъ хъварал г1емерал г1елмиял асаразда гьоркьор руго г1арабалъги ва рахьдал мац1алдаги хъварал куч1дул. Гьевги ккола аваразул хъвавулаб литератураялъе кьуч1 лъуразул цояв.
ХЬАРГАБИСА МУХ1АМАДБЕГ (БЕГИЛАВ)
(1830—1912)
Мух1амадбег гьавун вуго Хьаргаб росулъ мискинаб хъизаналда. Гьит1инго гьев г1араб ц1алулев вук1ун вуго. Амма язихълъиялъ, ц1алиги рехун тун, гьес ц1ц1ана-вехьлъи гьабизе ккун буго. Хьаргабе рагъ щвараб мехалъ, гьев Шамилил болъе ун вуго ва рагъ лъуг1изег1ан эркенлъиялъе г1оло къеркьон вуго. Пасих1ав, коч1ое гьунар бугев чиги вук1ун, гьес Шамилил рагъазул х1акъалъулъ «Хьаргаби босиялде», «Салт1а бахъи», «Ах1ул-гох1» г1адал къисабиял асарал хъван руго. Бегилав ккола аваразул эпикияб поэзия г1уц1аразул цоявлъун. Поэтасул асарал жеги данде гьарун гьеч1о.
Г1АНХИЛ МАРИН
(1840
—1905)Г1аихил Марин гьаюн йиго Ругъжаб росулъ. Т1абиг1ияб пагьму-гьунар бугей Марин машгьурлъана пасих1ай маг1ихъан х1исабалда, хадур т1ирит1ана гьелъул рокьуй ва сатириял куч1дул. Кеч1 гьабизе гуребги, ах1изеги гьелъул бергьараб гьунар бук1ун буго. Т1адчаг1азул зулму какарал, эркенлъи беццарал куч1дул гьарунилан ва гьел ах1унилан, наибас буюрухъги кьун, Маринил к1ал бу-къунгицин, бук1ун буго. Гьединги коч1хъаналъул гьаракь къот1изабизе к1веч1еб мехалъ, йижараб росуги тезабун, апраглъуде йит1ун йиго.
ИНХОСА Г1АЛИХ1АЖИЯВ
(1846 — 1891)
Г1алих1ажияв гьавуна Т1адинхо росулъ мискинчи Гъазимух1амадил хъизаналда. Пагьму бег1ерав, ц1одорав васги вук1ун, инсуца гьев тана r1apaб ц1ализе. Гьесул вахъана гъваридаб лъаялъул г1алимчи, философ, машгьурав поэт. Гьев ккола аваразул литературияб мац1 камилго къач1арав к1удияв раг1ул устар. Г1алих1ажияс нахъе тана адабияталъул бечедаб ирс: рокьул, кьалул, философиял, насих1атиял, сатирикиял асарал ва поэмаби. Жакъаги гьесул насих1ал асараз к1удияб эстетикияб тату кьола. Шаг1ир хвана ахириял соназ жив дибирлъун вук1араб Индира росулъ. Гьениб буго гьесул хобги.
Ч1ИК1АСА МУХ1АМАД
(1846—1926)
Мух1амад гьавуна Ч1ик1аб росулъ росдае г1еллъун вук1арав мискинчи Рурух1майил хъизаналда. Гьес гьабуна г1араб ц1али, щвана лъик1аб лъай. Шаг1ирас нахъе тана рахьдал мац1алда хъварал г1езег1ан куч1дул. Гьев хвана советияб заманалда, вукъун вуго, Г1алих1ажиявго г1адин, Индиралъул хабзалалъ.
РУГЪЖАСА ЭЛДАРИЛАВ
(1847 — 1884)
Поэт гьавуна Ругъжаб росулъ г1адатав векьарухъан Элдарил хъизаналда, ц1арги лъуна Мух1амадилан. Гьесул лъимерлъиялъул г1умру r1apaб ц1алуда ана. Амма балугълъараб мехалъ гьес дибирлъи къабул гьабич1о. Кеч1 гьабизе ва гьеб ах1изе Мух1амадил бук1ана к1удияб гьунар. Мутаг1иллъун Ч1охъ вугеб мехалъ, рокьи ккарай гьайбатай ясалде ах1арал куч1дуз гьесул тавуш ана маг1арул росабалъ Ругъжаса Элдарилав х1исабалда. Жиндирго ясалъ т1асавищаравлъи лъарав наибас, гьоболлъухъги ах1ун, Элдариласда загьру гьекъезабула. Гьединаб бук1ана доб мехалъ г1ашикъаб рокьуеги гьунар т1ок1ал коч1охъабазеги суд.
Т1ЕЛЕКЬА ЭТИЛ Г1АЛИ
(1850—1930)
Г1али гьавун вуго Т1елекь росулъ мискинаб .хъизаналда. Гьит1инго дагьа-макъаб ц1алиги гьабун, балугълъуда гьесул вахъун вуго лъик1ав къадал устар. Минаби разе росабалъе хьвадун, бет1ербахъи гьабулеб бук1ун буго. Гьесул бук1ун буго ц1акь берцинаб, роц1араб гьаракь-бакъан. Жергъен к1ут1ун, кеч1 ах1изе Г1алилъе вахарав чи доб заманалъ маг1арухъ вук1ун гьеч1о. Хадуб Г1али машгьурлъун вуго пасих1ав поэт х1исабалдаги. Жеги шаг1ирасул асаразул хасаб т1ехь бахъун гьеч1о. Аваразул революциялда цебесеб адабияталда жаниб Этил Г1алицаги хасаб бак1 ккола.
БАКьАЙЧ1ИСА ТАЖУДИН (Ч1AHKIA)
(1866—1909)
Тажудин гьавуна Бакьагьеч1иб росулъ мискинаб хъизаналда. Анц1гог1ан соналъ мутаг1иллъунги вук1ун, гьесул вахъана лъик1аб лъаялъул г1алимчи. Мутаг1иллъуда хъвана гьес жиндирго х1асраталъ рец1ц1улел рокьул куч1дул. Ч1анк1аян абураб т1ок1ц1аралда гъоркь гьесул тавуш ана г1олил мусудузул рек1ел инженер х1исабалда. Мах1муд вахъинег1ан, руччабазе сипатал гьаризе, гьезул рек1ел х1алал, анищал г1ажаибго пасих1го коч1олъ загьир гьабизе гьесда г1адин к1олев поэт аваристаналда вук1инч1о. Шаг1ирасул эбел Хъатунги яц Хажаги рук1ана ц1ар арал маг1ихъабиги махщел камилал коч1охъабиги. Гьес нахъе тана рокьулги кьалулги куч1дул, маг1аби, насих1атал, эллегияби. Йнхоса Г1алих1ажиясда хадубго байрахъ борхарав раг1ул устар кола Ч1анк1а. Поэт хвана, х1ежалде унаго, нухда, Турциялда.
КЬОХЪА МУХ1АМАД
(1868—1941)
Салт1аса гочун вач1ун, Кьохь ч1арав мискинчи Къурамух1амадие гьавун вуго вук1инесев поэт. Балугълъуде вахарав Мух1амад ун вуго цин Бакуялде, хадуб г1урус рахъалде (Нижний Новгородалде) мухьдахъ х1алт1изе. Г1умруялъул х1албихьи бугев, ц1одорав х1алт1ухъанлъун цеве ч1ола гьев жиндирго асаразулъ. Месед-г1арацалъ ханлъи гьабулеб т1екъаб социалияб г1умруялъул г1узраби къват1ир ч1вазарурал руго шаг1ирасул г1емерисел куч1дул.
ИНХЕЛОСА КЪУРБАН
(1870—1935)
Къурбан гьавуна Инхело росулъ (гьанжесеб Болъихъ районалда) мискинчи Г1алиханил хъизаналда. Коч1ое гьунар загьирлъана гьит1инго, мутаг1иллъун ц1алулеб мехалъ. Йокьарай ясги рес бугесе кьун, гьелдаса рокьиги бичич1ого, ч1ужу ячинч1ого херлъула поэт. Шаг1ирасул г1емерал кучТдул руго гьеб каранлъ судилеб хут1араб рокьул бицарал. Поэтас хъвана сатирикиял, т1екъаб дуниял т1аса рехун бач1араб эркенлъи беццарал ва гьеб бахъарал к1одо гьарурал асаралги.
Гьаб сиях1алъул лъуг1ел бук1ине гьеч1о>>>>>>>>>>>>>>>>>>>>