К1вар бугел суалал

 

Ислам абураб раг1иялъул маг1на щиб?

Мук1урлъи – мут1иг1лъи абураб маг1на буго.

Щиб жо кколеб как?

Нияталдалъун бухьунеб саламалдалъун бичулеб 13 рукнуялдаса данде гьабураб жо буго как.

Щиб кколеб суннат?

Аварагасул нух буго суннат.

Щиб кколеб исх1ан?

Дуда Аллагь вихьич1они Аллагьасда мун вихьулелъун вихьудаги вахъудаги т1аг1ат бац1ад гьаби буго.

Иман абураб раг1иялъул маг1на щиб?

Рак1алъ рит1ухълъи гьаби буго. 

Нилъер дин гIуцIцIун буго лъабго бутIаялдасан

I — иман 2 — ислам 3 — суннат,

Иман абулеб жо анлъго буго

I. Аллагьасда иман лъей. Абадияв-Азалияв, жив цохIо вугев, вукIиналда

2. Малаикзабазде иман лъей, Аллагьасул малъиялдаса таруларел лагъзал рукIиналда.

3. Аварагзабазда иман лъей Аллагьасул дин босун рачIарал рукIиналда.

4. ТIухьдузда иман лъей Аллагьасул калам (тIехь) цебегосеб букIиналда.

5. Къиямасеб къоялда иман лъей, хун хадур хIисаб суалалъе рахъизе рукIин.

6. Къадаралда иман лъей, лъикIабги квешабги къадар Аллагьасул букIин.

 

Ислам абулеб жо щуго буго, гьаб щуго рукну тIубачIони хIакъикъияв бусурманчи лъугьунаро

 I — MагIнaги лъан шагьадат бегьи.

2 — къойил щуябго как бай.

3 — Закаг1ат бахъи.

4 — Рамазан моцIалъ кIал кквей.

5 — Рec бугони хIежалде ин.

 

Шагьадаталъул магIна

Ашгьаду — дица нугIлъи гьабула.

ан лаилагьа — жиндие лагълъи гьабизе кун лагълъи гьабулев чи гьечIо абун.

иллаЛЛагь — Аллагь гурони.

ва ашгьаду — жеги дица нугIлъи гьабула.   

анна МухIаммадан с.гI.в. -хIакълъунго МухIаммад.

Расулу ЛЛагь — Аллагьасул, витIарав чапар вуго абун. ГIабдуллагьил вас, халатавги гурев къокъавги гурев Аминатие гьавурав МухIаммад (св. т. гI. в.) щвайги жиндир шафагIат нилъее.

Амин!

 

Какие чуриялъул баян.

Аварагас с.г1.в. х1адисалда бицун буго какие чури камиллъич1они какилъ вас-вас ц1ик1к1унилан, какие чури какалъул аслу бугелъул. Какие чурун вугониги нахъойги какие чури гьабуни нуралдаги т1аде нур балилан буго. Какие чурараб мехалъ инсанасул черх г1исинал мунагьаздаса бац1алъулила, сапуналъ рет1ел бац1унеб г1адин, какие чурун вугеб мехалъ щайт1аналъеги зах1малъула инсан хисизе, къосинавизе гьелъие г1оло ях1 бахъизе кола Аллагьасе г1оло какие чурун рук1изе кидаго. Х1ажатханалъуса къват1иве вахъараб мехалъ какие чуризе байбихьила, гьелъиеги щуго шарт1 буго:

1 — БацIадаб лъим букIин.

2 — Лагаялде лъим билъине гьабе.

3 — ЦIакъ лъим хисулеб жо лагаялда батунгутIи.

4 — Лъим щвезе толареб жоги батун гутIи. (краска, лак гIадаб)

5 — Чури бихи даимав чиясе, гIуж щвей.

 

Какие чуризе байбихьилалдаго сивакги бахъила, сивакги бищунго хирияб Иракалъул буго. Щай гурелъул х1адисалда буго аварагас бицун. Нужер к1ал къуръаналъул нух бугила гьеб сивакалдалъун бац1ейилан хасго к1алдиб мах1 бахъиялда аск1об, гьениб гуребги цогидал г1ибадатазда цебеги бахъизе кола сивак гьеб ц1акъ суннатаб буго хирияб пиша буго. Аварагас г1емер сивакалдалъун амру гьабиялъ асх1абзабазда рак1алда колеб бук1анила фарзлъун г1аги гьабиладай гьебилан. Гьелъул кири фаида Аварагасда г1адин бич1ич1ого бук1ун кидаздаго, г1одов вук1ун сивакги бахъун хадуб къилбаялдеги вуссун какие чури гьабила гьелъул т1адал, фаризаял жалги 6 руго:

 

1 — Гьумер чуриялда аскIоб ният гьабе.

2 — Гьумер чури.

3 — Гъуждул чури.

4 — БетIералда масхIу гьабе.

5 — ХIатIал чури.

6 — Цебесеб-цебе, нахъисеб нахъ тартиб гьа­бе.

 

Бисмиллагьиги бахъун кверал чуризе байбихьила гьаб дуг1аги ц1алун.

Аллагьумма инни асъалукал юмна вал бараката ва аг1узу бика минал шуъми вал гьалакати.

Маг1на – Я дир Бет1ергьан Аллагь дица дудасан гьарула кваранаб рахъалдасан т1ехьги, баракатги ва ц1уни гьарула, квег1аб рахъалдаса т1ехь кьеялдасаги ва гьалаклъиялдасаги.

 

Хадуб кваранаб квералъ лъимги босун лъабго нухалъ к1ал хулила, к1ал кун ватич1они, гьаб дуг1аги ц1алила.

Аллагьумма аг1инни г1ала тилавати китабика ва касрати ли зикрика.

Маг1на  - Я раби Бет1ергьан Аллагь дуца дие кумек гьабе дур т1ехь ц1ализе ва мун рехсей г1емер гьабизе.

 

Хадуб маг1арзухъ лъим босила лъабго нухалъ, маг1арзухъ лъимги босулаго абила:

Аллагьумма авжия ли раих1атал жаннати ва анта г1анни разин.

Маг1на – Я дир Бет1ергьан дуца дида Алжаналъул мах1 ч1вазабеха мунги дидаса разилъун.

 

Маг1арзухъа лъим къват1ибе гьабулеб мехалъ абила.

 Аллагьумма инни аг1узу бика мин равах1и ннари ва мин суи ддари.

Маг1на – Я дир Бет1ергьан Аллагь дица ц1уни гьарула жужах1алъул мах1алдасаги къиямасеб къоялъул г1азабалдасаги.

 

Хадуб гьумер чурила, киналниги лугби ц1ик1к1ун чурарал г1ан кири ц1ик1к1ун бук1ина. Гьумер чурулеб мехалъ ниятги гьабила: Дица ният гьабула какие чури бихи борхизе т1адег1анав Аллагьасе Аллагьу Акбар. Чурулаго абила:

Аллагьума байиз важгьи би нурика явма табязу вужугьа авлияика ва ла тусавид важгьи би зулуматика явма тасваду вужугьа аг1даика.

Маг1на – Дур вализабазул гьурмал дуца хъах1 гьарулеб къоялъ дир гьумер хъах1 гьабе Аллагь ва дур тушбабазул гьурмал дуца ч1ег1ер гьарулеб къоялъги. Какие чурулеб мехалъ баргъичги багъаризабила гъорлъе лъим щвеч1ого хут1ун гут1изе.

 

Хадуб кваранаб гъеж чурила гьаб дуг1аги ц1алун: Аллагьума агIтIини китаби би ямини ва хIасибни хIисаба яясира.

Маг1на – Я дир Бет1ергьан Аллагь дир г1амалал хъварал кагътал квараниса кье ва х1исаб-суалги бигьа гьабе. 

 

Квег1аб гъеж чурулаго абила: Аллагьумма инни аг1узу бика ан туг1т1ини китаби би шимали ав мин вараи загьри.

Маг1на – Дица дудаса ц1уни гьарула Аллагь! Дир г1амалал хъвараб т1ехь квег1иса яги мугъзада нахъаса кьеялдаса.

 

Хадуб кверелги риччизе гьарун бет1ералда масх1у гьабила гьаб дуг1аги ц1алун.

 Аллагьумма гъащини би рах1матика ва анзил г1алая мин баракатика ва азилани тах1та зили г1аршика явма ла зила илла зилака.

Маг1на – Я дир Бет1ергьан Аллагь, дуца дун дур рах1маталъулъ ккезаве ва диде дур баракатги  решт1инабе, дур г1аршалда дур раг1дукьги ккезаве.

 

Хадуб г1ундузда  масх1у гьабила ц1ияб лъималдалъун г1ундузда жанир ч1ик1арулел килщалги лъун дурт1ин килищги къват1исеб рахъалда рахъун ва гьаб дуг1аги ц1алила.

Аллагьуммажг1ални мина лязина ястамиг1унал къавла фа яттабиг1уна ах1санагьу. Аллагьуммасмаг1ни манадил жанати минал абрари.

Маг1на – Я дир Бет1ергьан Аллагь, дуца дун гьаве лъик1аб раг1и раг1унел ва лъик1абги гьабулел чаг1аздаса. Ва дир Бет1ергьан Аллагь дида лъик1ал чаг1аздаса Алжаналъул ах1иги раг1изе гьабе.

 

Хадуб х1ат1ал чурила гьаб дуг1аги ц1алун, цин квараналдаса байбихьила. 

Аллагьумма саббит къадамая гIала сиратIил мустакъими явма тазиллу акъдаму фи ннари.

Маг1на – Я дир Бет1ергьан Аллагь! Жужах1алъуре х1ат1ал, хъушт1улеб къоялъ дир х1ат1ал бит1араб нухда ч1езаре.

 

Какие чурун лъуг1араб мехалъ эхеде бералги балагьун квералги рорхун гьаб дуг1а ц1алила:

Ашгьаду ан лаилагьа илла ллагьу вахIдагьу ла шарика лагь ва ашгьаду анна МухIаммадан гIабдугьу ва расулугьу. Субх1анака Аллагьумма ва бихIамдика ан лаилагьа илла анта г1амилту суан ва заламту нафси астагъфирука. Аллагьумма ва атубу илаика фагъфирли ва туб г1алая иннака анта таввабу ррах1им Аллагьуммажг1ални минал таввабина важг1ални минал мутат1агьирин, важг1ални мин г1ибадика свалих1ин важг1ални г1абдан сабуран шакура, важг1ални азкурука касира вва усабих1ука букрата вва асила.  Гьаб дуг1а ц1алани какиеги чурун хадуб къиямасеб къо бач1инег1ан гьелъул кири хъвалила Малаикзабаца. 

(их1яу г1улумуддин)

Какие чурулеб мехалъ ц1алулел дуг1аби бат1и-бат1иял руго амма имам Гъазалияс Их1яул г1улумуддиназдаса гьал дуг1аби ц1алейилан рихьизарун руго рищунго кьуч1алда.


ñðàâíèòü òåïëûé äîì öåíà . Íîóòáóê êóïèòü â êèåâå íîóòáóê ñàìñóíã lenovo ideapad. . Þðèäè÷åñêàÿ êîìïàíèÿ Jusprivatum - àíòèìîíîïîëüíîå ðåãóëèðîâàíèå