МЕДИЦИНА

малъа-хъвай

Гьек1долел г1адамазе   тохтурзабаца лъиак1аблъун бихьизабула гъараналъул хьон гьализабураб лъим. Гъараналъул лъеца кумек гьабула лъимал хахулел руччабазе   каранзул

рахь гьарзалъиялъеги.

* * *

Г1усал унтараб мехалда, кидаго гуро нильер рес бук1унe6 тохтурасухъе гьебсаг1аталдаго ине. Гьединаб мехалда кумек гьабула унти г1одоцинабизе гьал хадур рехсарал малъа-хъваяз. Т1оцебесеб, шалфеялъул хер гьализабула ва хинлъилаго гьелъ чанго нухалда к1ал хулула. Х1аракат бахъизе ккола унтараб г1усалда сверухъ к1ванаг1ан ц1ик1к1ун заманалъ шалфеялъул лъим кквезе. Ц1орораб мехалъ гьеб нахъе тула ва ц1идасан хинаб к1алдибе босула. Башдаб caг1aталда жаниб лъабго-ункъо нухалъ гьедии такрар гьабуни, г1ocoл унти лъаледухъ танкула.

***

-Унтараб  г1ус танкиэабиялъе кумек гьабула 15-20 минуталъ г1усалдаги к1аркьеналдаги гьоркьоб болъонил  т1ат1ул кесек лъуниги. Гьеб беэнлъи бук1ине бегьула, ц1иябго г1адин, ц1амх1алабги. Т1ат1и ц1акъго ц1амх1алаб   бугони, гьелдаса ц1ам нахъе бац1ц1ине ккола.

***

Унтараб г1ус   танкизабиялъе лъик1аб кумек ккола г1ус унтараб рахъалда бугеб г1инда нахъа къоркъот1амах лъунигн. Тамах гьабураб ц1и къот1араб гьеб т1амах г1инда нахъа ч1ван тезе ккола   унти г1одобцинег1ан. Kигlaн ц1акъ унтараб г1осол унти танкизабизе гьеб мехалда  х1ажальула г1иц1го бащдаб саг1ат.

***

Г1ажаибаб къаг1ида х1алт1изабула Сибиралъул цо-цо росабалъ г1осол унти танкизабиялъе. Г1ус унтараб рахъалде дандбит1араб квералда  бидул кьаби (пульс) бугеб бак1алда т1 лъола гlиcин гьабун буссараб ражи ва гьеб   катанги къан бухьуна. Квералда т1ад (ражиялда гъоркь) лъола катаналъул кесек.

***

Бот1рол унти г1одоцинабула унтараб рахъалда лимоналъул хъал лъуниги. Цодагьаб заманалдасан гьеб хъалалда гъоркь лъугьуна баг1араб ц1акъго ссудулеб т1анк1, гьеб

мехалъ бот1рол унтиги ч1ола.

***

Г1урусазул халкъалъ цунтрул т1аг1инаризе    г1ат1идго х1алт1изабула ражиги рахьгн. Анц1го ражидул бет1ер г1исин гьабула ва гьалapa6 рахьгун гьекъола. Ражи жубараб рахь гьекъон к1иго сагlaт араб мехалда гьекъезе ккола чехь лъамалъизабулеб даруги.

***

Цунтрул лъуг1изариялъе х1алт1изабула хъабхъил хьонги. Хъабхъил ц1ияб хьон бац1ц1уна ва гьан буссунеб машинаялъ г1исин гьабула Гьелдаса хадуб хинаб рахьалде гъорлъе жубала к1и-к1и кванил гъуд ц1ураб хъурараб хьон. Гьеб гьекъезе  лъик1аб бук1уна радал    мач1икьего. Бащдаб саг1аталдйсан    т1аде гьекъола чехь лъамалъизабулеб дару.

***

Гьуърузул мащабазул унти бронхит бугони, гьеб сах гьабиялъе х1алт1изабула шалфеялъул херги рахьги. Хьагалда жанибе т1ола стакан ц1ураб рахь ва жанибе бала г1исин гьабураб шалфей. Хьагида т1ад т1алъел лъола, гьеб гьализабула гьит1инабго ц1аялда хадуб ц1орозе тола ва ц1ц1ула. Нахъеги гьализабула. Бух1улаго гьекъезе лъик1аб бук1уна гьури-муч хьвадулареб хинаб рокъоб.

***

Бронхит сах гьабиялъе лъик1аблъун рик1уна лъелъ белъинабураб т1ахьдиги. Литр лъималда гъорлъе бала ункънусго грамм т1ахьдил.  Гьебсаг1аталдаго ц1едаса бахъула ва ц1орозе лъола. Ц1ц1ула ва т1убараб къоялъго зама-заманалда бух1изеги гьабун гьекъола. Гьеб т1ок1к1елалъул т1аг1ам лъик1лъизабизе гьорлъе жубала бух1араб  чакар (хъах1аб чакар яги гьоц1о жубазе бегьуларо).

***

Сибиралъул цо-цо росабалъ ц1акъго квач хъван  бугони ва хъег1дулел ругони, гьабула гьадинаб дару: къого  грамм мег1алъул (полынь) жубала бащдаб литр г1аракъиялда гъорлъе. Т1ад жоги лъун 24 саг1аталда т1ок1к1ине тола. Гьеб лъик1аб буго щибаб къоялъ лъабго нухалда ва кьижилалде цебе цо-цо  кванил гьуд ц1ун гьекъезе.  Квачалъул унтудаса лъимал   сах гьариялъе гьелдаса пайда босуларо.

*   *   *

Босула гьоркьохъеб к1одолъиялъул порол бет1ер. Бац1ц1уна, чурула ва теркаялд лъулъан г1исин гьабула. Лъик1го жубазабула хъазил беэнлъигун. Гьеб бахуна квчалъ унтаразул каранда, мугъалда, щекъералда. Гьелдаса хадуб хинаб к1азалъ бухьуна. Рада-радалиса мач1икъего цо кванил гъуд гьекъезе лъик1аб буго хъег1ди бугел унтаразеги.

***

Х1ат1азда лъугьарал гьана-маг1ал (пинкьал) т1аг1инаризе буго цогидаб къаг1идаги. Къаси кьижилалде цере х1ат1ал, бух1араб лъелъги лъун, тамах гьарула ва гьанамаг1 бугеб бак1алда лимоналъул кесек (хъалгун цадахъ) бухьуна. Гьеб такpap гьабула   лъабго-ункъо къоялъ ц1и-ц1и гьабун. Гьелдаса хадур, бух1араб лъелъги лъун, х1ат1ал нахъеги тамах гьарула ва гьанамаг1   нахъе къот1ула.

***

Ц1акъго къварилъи гьабула х1ат1азул ч1ах1иял килщазул малъал гьаналъ къан рук1иналъ. Гьелъ кутакалда рах1ат хвезаби гуребги, ц1акъго  унтизеги гьабула. Гьаналъ къан малъал рижулезе лъик1аб бук1уна щибаб сордойилго гьеб килищалда, щарил нах жаниб ги лъун, хасаб т1адхел ххуни Т1асан рет1ула щватаби ва сордоялъго т1асаги рахъуларо. Гьедин гьабула льабго анкьалъ. Хадуб унти дагьлъараб мехалда   гьаналъ бижараб малъалъул раг1ал борч1изабула ва гьениб катаналъул гьит1инаб кесек лъола.

***

Гьаналъ къан малъ бижун бугони, ахадаса т1араде щве-зег1ан гьит1инаб, малъал хъухъалеб жоялъ, гъваридаб рахъ гьабула. Цо чанго къоялдасан килщил бук1назда   гьаналъ къан бук1араб малъ жибго нахъе борч1ула ва унтиги танкула. Хадуб х1аракат бахъизе ккола малъал гьаналъ къан рижуларедухъ санаг1атаб   куцалда хьвадизе.

***

Х1ат1азда г1ет1 балеб бугони, щибаб радалиса гьезда бахине ккола борная кислота г1емер х1алгун гуреб т1адагьаб къаг1идаялъ гъоркьаса х1ат1азда ва килщазда гьоркьор бак1азда гьеб лъулъала. Хадур рет1ула щватаби. Къаси-къаси х1ат1ал чуризе ккола 40-60 градусалдаса т1аде бух1и гьеч1еб лъеца.

К1иго-лъабго анкьалъ гьедин гьабуни х1ат1азда т1ок1алъ г1ет1 баларо.

***

Х1ат1азда г1ет1 бан, ц1акъго квешаб мах1 бахъунеб бугони, миккил макъар х1аризеги гьабун килщазде гьоркьобе ва х1ат1азда гъоркье бала. Рет1ула щватаби ва сордоялъго т1аса рахъуларо. Радалиса чурула ц1рораб лъеца.

Щибаб къойил ц1орораб лъеца х1ат1ал чурулел ругони, ва миккил хъал   гьализабураб лъим гьезда бахани, гьелъги кумек гьабула г1ет1 баялдаса ц1унизе. Къого грамм х1аризабураб миккил хъадалде т1аде т1ела хинаб лъел цо стакан, т1ад т1алъелги лъун, хьадараб ц1аялда бащдаб саг1аталъ гьализабула. Хадуб миккил х1ари нахъе ц1ц1ула. Цебе бук1араб раценалде (цо стаканалде щвезег1ан) т1аде т1ола гьалараб лъим. Гьоб т1ок1к1ел бахарал х1ат1ал чурич1ого ва рац1ц1инч1ого жалго ракъвазе тезе ккола.

***

Ц1инкрал сах гьаризе бокьани, босула цо картошка ва гьельул к1иго бащадаб кесек гьабула, т1аса хъал бац1ц1ине кколаро. Картошкадул цояб бащалъи нахъе рехула. Нахъе хут1араб картошкаялъул бащдаб лъулъала ц1инкрал ругеб бак1алда, гьелдаса хадуб гьеб букъула регьел гьеч1еб 6ак1алда. Нилъеда ракьулъ букъараб картошка бакъвач1они ц1инкрал т1аг1унелищали лъаларо, амма х1акъаб жо буго ражидул сок лъулъарал ц1инкрал   ракъвалеблъи. Къоялда жаниб чанго нухалда ц1инкразда лъулъазе ккола къот1араб ражи­дул кескал.

***

Халкъалда гьоркьор ц1инкрал т1аг1инариялъе х1алт1изабула цогидаб   къаг1идаги, ц1инкир бижараб бак1 сапунги кванил содаги гъорлъ жубараб бух1араб лъелъ тамахлъизе тола (ц1инкир х1ат1ида яги кверда бугони). Тамахлъарабго, ц1инкир т1аса хачала Ха­дуб бакъвазабула. Гьелда т1ад лъола г1ат1гояб гьанал кесек ва клеенкаялъул гьит1инабго кесекги т1ад лъун, бухьуна. Гьанже клеенкаяльул бак1алда х1алт1изабула пластырги. Гьедин бухьухъе тезе ккола лъабго-ункъо къоялъ ва ц1инкиралда регьел хъвазе биччазе бегьуларо. Гьелдаса хадуб х1ет1е яги квер сапунги содаги гъорлъе  жубараб бух1араб лъелъ лъола    Тамахлъараб ц1инкирги бигьаго бортун бач1уна. Haгaгь ц1инкир ц1акъго к1удияб бугони, ва гьеб гьанадаса бат1а гьабизе к1олеб гьеч1они, добго къаг1идаялъ нахъеги дару такрар гьабизе ккола Г1олохъанаб мехалъ рижулел ц1инкрал бигьаго рортула гьелда т1ад г1ат1гояб гьанал гьит1инаб кесекги лъун т1асан бухьун щула гьабуниги.

***

Бyxlapаб бак1 хехго ц1орораб лъелъ лъезе ккола ва т1аде кванил содаги щвала.

***

Халкъалда гьоркьор х1алт1изарулел къаг1идабазул бищунго лъик1блъун рик1к1уна бух1раб бак1 к1ващалъ биччизаби ва бац1ц1инч1ого, чурич1ого гьеб бакъвазе тезе ккола.

***

Бyxlapaб бак1 сах гьабула, гьединго, хоноялъул т1огьилрaк1гyн цадахъ   хъах1рак1ги лъик1 жубазабун гьеб бахани.

***

Ц1орон унтарав чи ваннаялда жанив лъола. Гьенибе т1ола 25 градус хинлъи   бугеб лъим, 15-20 минуталдасан дагь-дагьккун ваннаялъуй т1ола бух1араб лъим 36-37 градус хинлъиялде щвезег1ан. Унтарав жанив лъун вугеб гьеб лъел ахирисеб хинлъи цо х1алалда ч1езабизе ккола. Гьеб заманалда къаркъалаялъе гьабизе ккола лъик1аб массаж. Унтарасул черхалъул хинлъи ва бидул кьаби рук1алиде ккараб мехалда гьев ваннаялда жаниса нахъе вачуна, вац1ц1ун вакъвазавула, бусада   лъола. Гьесда сверун лъола бух1араб лъим жаниб бугел герелаби.


Магазин шампуней и не только: эффективный шампунь от перхоти. Элитная Косметика. . прачечная