Аг1узубиллагьи минащайт1ани рражим Бисмиллагьи ррах1мани ррах1им.
Алх1амду лиллагьи раббил г1аламин, ва салла ллагьу г1ала саййидина Мух1амадин хайри халкъи куллигьим.
Аллагьасе буго г1емераб Гьесда рекъараб рецц, нилъ динул исламадда т1орит1арав ва нилъеда бит1араб исламияб нух бихьизабизе хирияв Авараг (с.г1.в.) ва гьесул ирсилал шайихзаби кьурав. Хасго нилъер Дагьистаналъе к1удияб ниг1матлъун ккола исана жив гьавуралдаса 150 сон т1убалев, баркат г1емерав Къах1иса Х1асан X1илми устар. Х1асан Афанди вук1ана г1ажаибаб г1акьлуялъул, бич1ч1иялъул ва кутакаб бажариялъул инсан, Аллагьас гьесул баракат камизе тогеги нилъее. Гьесул х1акъалъулъ дун г1адиназ хъван х1акъикъат бич1ч1уларо, агьлуялда гурого агьлу лъаларелъул. Гьаниб нижеца кьолеб буго нилъее баркат щваяв Саг1ид Афандияс гьесул х1акъалъулъ абурал раг1аби.
Бисмиллагьи ррах1мани ррах1ими.
Х1асан устарасде гьабураб
Гьай
лачен, Х1асан устар,
x1aл
ч1ахъаяв мужаддид

Мун г1адав лъугьинч1они инсанасул пайда щиб,
Ризванул акбар щваяв Аллагь разияв г1абид
Дуй г1адин рагьич1они г1улумазул рах1ат щиб?
Гьай лачен, Х1асан устар, х1икматаз ц1ураб ралъад,
Х1асадчаг1аде данде дур хвалченалъул рек1ин.
Халкъалъул хириясул суннат ц1унарав муршид,
Саликиназе щолеб дур ваг1заялъул асар.
Гьай лачен, Х1асан устар, х1акъав Т1агьал халифа
Т1арикъат баяналъе шарих1льун нижей ккарав,
Шамаилал камилав Дагьистаналъул бадру
Дуца нахъе тун ругел таснифазул берцинлъи.
Гьай лачен, Х1асан устар, икълималде щвараб бакъ,
Ишкалал рорхиялъе х1ашиялъун ватарав.
Х1акьабгин бат1улалъул Г1умарул фарукъ г1адин,
Фасила баян гьабун гьадиййат нахъе тарав.
Гьай лачен, Х1асан устар, Ах1мадил кваранаб квер
Умматалда гурх1улев Х1абиб разияв валад,
Замана ахирлъидал, агьали бикь-бикьидал
Иман камил гьабизе рукнулъун ч1арав къут1бу.
Гьай лачен, Х1асан устар, исламалъул байрахъчи,
Берч1ван вихьараванищ ч1аго ракьалда вук1ун,
Рокьи ккола, хьул лъола вихьиялъухъ урхъула,
Иттибаг1го гьеч1ев дун к1алъазе нечоларо.
Гьай лачен, Х1асан устар, алжаналъул пихъил гьвет1,
Дур т1угьдул кодор ккурав квен тун мах1алъ г1орц1улев,
Г1араб-г1ажам жубараб жавгьар бахъулеб маг1дан,
Дур «Хуласат» ц1аларав ц1ияб лъай щун вохулев.
Гьай лачен, Х1асан устар, адаб манлъулев эмен,
Маул х1аят гьекъолеб къаваг1идал баст1 гьарун
Гьидаяталъул нухде г1алам ц1алеб макънат1ис
Т1алибунал рохулел хехон маржаналги тун.
Гьай лачен, Х1асан устар, ибриз чвахулеб гомог
Инаъ гьоркье ккурасе койр ц1ураб давла щолеб,
Дурарал жанир лъураб маргьал бекьараб табут,
«Талхис» кодоб ккурасе кифаят — г1ей гьабулев.
Гьай лачен, Х1асан устар, Т1арикъаталъул гама,
Шариг1аталъул ралъдал т1иналде рахас щвараб.
Т1аде балагьарасул рек1ел унти танкулеб,
«Танбигьалъул» байтазул багьа лъайзе к1оларев.
Гьай лачен, Х1асан устар, Аваристаналъул ах,
Ужра т1алаб гьеч1ого ат1г1иматал рикьарав,
Абадияб ч1агалъи щолел дараби рицун,
Швеч1ого рук1унгеян васиятал гьарурав.
Гьай лечен, Х1асан устар, садатазул хирияв
Халид Сайфуллагь Къадил къадру бугев халифа,
Къурратул г1айни Г1абдуррах1ман х1ажил г1асави
Г1илму нашру гьабизе гьунар т1ок1ав мубарак.
Т1огьода т1ад ч1анщинаб т1алил най бук1унгут1и
Т1ок1аб анищ теч1ого дуца рехсон бугеб куц,
Куркьбал рижарабщиналъ гьоц1ц1о гьабулареблъи
Гьаб халкъалда 6ич1ч1изе мун хъвадарун вугев куц
Дару гьабулев чияс гьоц1ц1о кунеб бугони,
Бац1адаб найил бук1ин шарт1 бугилан бицунев
Берцинаб кьер бихьиялъ къог1аб тату лъаларин,
Тохлъизе рук1унгеян насих1атал гьарурав.
Тохтурин абулев чи агьлу гурев вугони,
Эсда дур унтиялъул даражаги лъайч1они,
Дару гьабулайилан гьес кьурабги загьрулъун
Гьалаклъун хойиялда нилъ кант1изе гьарурав.
Гьай лачен, Х1асан устар, т1ок1лъаги даражаби
Даимлъаги х1алч1ахъад х1азратул улугьияят,
Аллагьсул заталде назраталда хут1аги
Нижер рух1ал х1алхьарав Х1абибасул байрахъчи.
Дур зат гуребщинаб жо жиндий г1оло бижарав
Г1аламалъулго сирру дур Х1абибасе г1оло,
Гьесул нухда рач1арал гьал акът1абазе г1оло,
Г1амал гьеч1еб къавмилан къварид гьаруге, Аллагь.
Гьидаяталъул нухал г1ат1ид гьаре, Бет1ергьан,
Т1арикъаталъулъ нижей рит1ун ч1ей ризкьилъун кье
Заманалъул балагьал Дуца т1аде риччаге,
Т1олго муъминзабазе диналъе рег1ел гьабе.
Дуде ниж г1агарлъулеб г1амалалъе тавфикъ кьун
Тавбату ннасух1алъул агьлулъун сверизаре.
Иршадалъе къуват кьун макъамал ц1ц1ик1инарун
Нижер устарзабазе, Аллагь, Дуца г1умру кье.