Щибниги жо гьабилелде тавбу гьабун черх къачIазе ккола, хIалтIи гьабилелде алат хIадур гьабулеб гIадин. Тавбу гьабун черх къачIочIони гьабураб гIамалалъул пайда коларо гьаб къокъаб къагIидаялда гIаги тавбу гьабизе кола ракIги бухIун, хIелун.

Тавбуги гьабич1ого мунагьаз ц1ураб хъубаб черх Аллагьасда цебеги ч1ун щибалиго гьаризе нечезе келарищ? Гьараниги гьелъие жаваб щолареблъи лъаларищ?

 

Тавбуялъул арканал

Гьарун арал мунагьаздаса пашманлъи

Т1ок1ав гьелде вуссун гут1и (хат1аги бит1изабун)

Аллагьасул амруялда нахъ вилъун гьаби

Аллагьасулги г1адамазулги хIукъукъал т1уразе тIаде боси

 

 

Как, кIал, кафарат гIадинал. Чияр хIукъукъалги киналго хIалаллъи босун рази гьаре ва гьезиеги истигъафар гьабе, гьезул мунагьал рахчейилан ва живго тархъанте йиланги гьаре. ТIоцебе хIал кIвараб къагIидаялъ жинца гьарурал мунагьал ракIалде

рачIизарила рикIкIун рехсела цинги жиндирго черхалда гIайиб гьабила, огь дир черх, гьанжеги нечечIогойищ мун, мех щвечIогойищ? тавбуялъе. Дур бичасул ццим бахъи хIехьезе ресищ бугеб? ГIакъуба хIехьезе хIал кIолищ дуда? ГIазаб нахъе

 чIвазе гьунарищ дур бугеб? Гьадинал жал рехсон ракIалде пашманлъи беразде магIу бачIизабун гIодила: хадуб лъабго нухалъ абила-

Астагъфиру ллагьал ГIазыма лязи лаилагьа илла гьувал ХIаяял къаююма ва атубу илайгьи иннагьу гьува Ттаввабу РрахIим.

Я Раби! Я Раби! Я Раби! ГьанжелъизегIан цебехун дидаса лъугьараб щинаб дун кафурлъулеб, дун фасикълъулеб,   дун гIасилъулеб, батIулаб игIтикъадниги ширк-бидгIаниги калимабиниги гьитIинаб мунагь бугониги кIудияб бугониги загьирияб бугониги, балъгояб бугониги, бокьараб бугониги, хатIалъараб бугониги, унго-унго бугониги, махсароде бугониги, квералъ бералъ букIа кинал лугбаз бугониги гьел киназдасаго тавбу гьабуна Аллагь! Дун дуде вуссана Аллагь! ЦIакъ пашманлъана Аллагь! Тубту ила ЛЛагь ва ражагIту ила  ЛЛагь 3 нух. Бусурбанаб диналде халифлъи гьабулеб жо дир ракIалде ккун батаниги лугбуз гьабун батаниги гьабулесда тIад рекъон ватаниги дун гьеб киналдасаго пашманлъана Аллагь! ТIокIав абадиялъго  гьелде дун вуссинаро Аллагь! Какниги, кIалниги цогидал хIукъукъалниги дица рецIичIого теларо Аллагь! ГIадамазе дида тIад ратарал хIукъукъал рецIизе кколел, рецIун хIалаллъи босизе кколел рази гьарун тIаса лъугьине гьарила Аллагь! Тубту ила ЛЛагь ва ражагIту ила ЛЛагь 3 нух. Хадув пикруялда ч1ела астагъфирулагьги бачун.


Транспортировка грузов, перевозки грузов авиа из Москвы. . Таможенный контроль и таможенное оформление www.ukramarine.kiev.ua. . электрик зеленоград бригада.