|
Къимат тIокIаб хазина
КIиго моцIалъ цебе дихъе кIалъан вачIана цевегосев гьудул, Унсоколо
районалъул жамагIатчи, жинда адабиятги тарихги лъалев ва гьеб бокьулев,
ЦIатIанихъа Чанил вас Бигиш. Гьес рохел-хинлъигун бицана ХъахIабросулъа
МахIмудил хIакъикъияб сурат батун бугин жиндир гIагарав чиясдаян.
Халгьабидал гьеб сурат бугоан некIсияб фотоаппараталъ къвакIараб
кагъаталда бахъараб, лъикI нахъе цIунун хутIараб, жеги гIельмуялъе пайда
босизе, халгьабизе бегьулеб куцалъ.
Бигишица бицана сурат батанин жиндир мунагьал чураяв ЦIатIанихъа Набиев
Халилил (Онкологиялъул больницаялъул цеве вукIарав кIудияв тохтур)
васасда Алхасида Буйнакск шагьаралда кIудияв инсул, МахIмудил гьудуласул,
ЦIатIанихъа Сулиманил МухIамадил архивалдаян. Алхасил эбел Рукъигат
ккола Сулиманил МухIамадил яс.
Нижее гьеб букIана кIудияб рохел. Дица сурат босана компьютераде, лъуна
интернеталда, (www.fatiha.ru)
гьаруна гIемерал копияби, щвезаруна ХъахIабросулъеги, хъвадарухъзабазул
Союзалдеги, Дагъистаналъул ГIельмияб Централдеги, кьуна МахIмудил
адабияб ирсалда тIад хIалтIулел шагIирзаби- хъвадарухъабазухъеги.
Щвезабуна журналист, Союзалъул хIалтIухъан ПатахIов МухIамадихъеги,
дицаго гIурус мацIалда интернеталда лъураб текстги хъван, магIарул мацIалда
дуцаго рекъезабун хъван, киса-кин бачIарабали бахъеян гьарун. Нижер
гьариги букIана, гIедегIичIого, кIудияб ахIи-хIур гьабичIого, цин
халгьабун борцун-къотIун хадуб газета –журналазда бахъизе.
Хъвадарухъзабазул Союзалъул
бетIер МухIамад АхIмадовас халго гьабичIого гьеб сурат МахIмудил гурилан
чIезабун бугоан.
Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIалъулги, адабияталъулги ва
искусствоялъулги институталда гIелмиял хIалтIухъабаз лъикI халгьабуна
сураталъул. ЛъикI пикру гьабуна Сулиманил МухIамадилги МахIмудилги
тарих-бухьеналъулги. Цере росана МахIмудил киналго суратал, данде ккуна
МахIмудил инсул Анасил МухIамадилги МахIмудилги суратал.
Академик
ХIамзатил ХIажияс бицана жиндирги ЦIатIанихъа Сулиманил МухIамадилги
букIараб дандчIваялъул:
«МахIмудил нусго сон тIубаялъул юбилеялда Унсоколо районалъул тIоцевесев
секретарь ЦIатIанихъа Гьиматил МухIамадица
гьабуна нижер лъай-хъвай. Гьев вугоан жеги лъикIаб гIакълу -лъаялдаги
вугев саламатав херавчи. Сулиманил МухIамадица бицана МахIмудгун цадахъ
жал тIоцебесеб Дунялалъул рагъда гIахьаллъиялъул». Хадуб ХIажияс абуна
гьаб сураталдаги Сулиманил МухIамад релъарав вугин. Гьесул цойги суратал
ратании, цех-рех гьабизе ккелаанилан.
ЦIатIанихъа Бигишица бицана сураталъул гьадинаб тарих:
МахIмудилги Сулиманил МухIамадилги буго рагъулаб ретIа-къай, пагоназда
ругел хъвай-хъвагIаял ратIа рахъизе лъалел руго. Гьеб буго кIиабилеб(2Д)
Дагъистаналъул полкалъул гIаламатал. Гьеб полкалда рукIарал
дагъистаниязул архивал цIунун
ратизеги бегьула. Нижеца данде кквеялъе гьанир лъолел руго Мах1мудилги инсул Анасил Мух1амадилги суратал. Мах1мудил фондалъ, адабият бокьулезе баркалаги кьолаго, цех-рех гьабулеб буго гьаб сураталъулги МахIмудил хIакъалъулъ биценазулги. Лъида щиб лъалеб батаниги гьарула нижехъе (dagistani@ya.ru) яги редакциялде хъваян.
МахIмудил Фондалъул
Президент
М. ХIасанов
|