Ах1ул
гох1да рагъарал бах1арзазул сиях1
(АЛЛАГЬАС мунагьал чураги гьезул, шафакъат нилъееги щваги)
Ах1ул гох1да шагьидлъана
1. Ч1ик1аса Муртазаг1али-бах1арчи. Шамилица бах1арзазда гьоркьоб гьесул ц1ар т1оцебе рехсана.
2. Хунзахъа Хириясул вас Г1алибег-г1алимчи, багьадур, "Сурхайил си" машгьурлъизабурав мугьажир. Ах1улгох1алъул бищунго машгьурал ва тавакалал бах1арзазул цояв.
3. Генуса Бартихан -Шамил имамасул инсул вац, г1алимчи, Ах1улгох1алъул бах1арчи.
4. Колоса Сурхай-машгьурав г1алимчи, махщел т1ок1ав устар, мугьажир. Гьесул ц1ар буго гьабсаг1аталдаги Шулалъул гох1алда.
5. Ч1иркъат1аса Гъази -т1аде ккараб къо баччулев рагъухъан, г1алимчи. Хвана бах1арчи г1адин.
6. Рихьуниса Балалил вас Мух1амад -биценалда рекъон цо къоялъ нусгоялде г1агарун тушман ч1варав игит. Рагъул ахираб къоялда г1арадаялъул гуллица гьесул гъеж лъукъана, г1иц1го щук1дуз ккун далун хут1араб гъеж гьес х1ет1еги т1ад ч1ун т1ун рехана. Рагъда кутакалда свакарав гьев г1урусазухъе асирлъуде ккана ва гьенивго хут1ана. Гьенивги гьев тушманасе х1еккунароан.
7. Рихьуниса Мух1амад -бах1арчи г1адин хвана.
8. Хиракил вас Х1усейн -Аргъваниса багьадур, цо къоялда 100 ялдасаги хадув тушман ч1вана гьес.
9. Ханакайил вас Мух1амад-Аргъваниса бах1арчи.
10. Генуса Мух1амад-т1оцевесев имам Гъазимух1амадил яцалъул вас, багьадур, г1олохъанав г1алимчи, бах1арчи г1адин
хвана Ах1улгох1 ц1унулел т1оцересел къояздаго. Шамилие гьев кутакалда вокьулаан.
11. Балахьуниса Г1усман-багьадур, тушманзабазе рах1ат толароан, г1арадаялъул гулица к1иябго х1ет1е т1езабун бук1ана.
12. Генуса Ибрагьимов Х1усейн-багьадур, лебалав рагъухъан.
13. Гьарадерихъа Оцав (Усав) - багьадур. Чачаназул Белти абулеб нек1сияб росулъ нижеда бицана щибаб сордоялъ гьев
лъеда хадув Г1андиг1урухъе виччалаанила ва гьебги босун вач1унаанила.
14. Харахьиса Г1алихан-багьадур, г1алимчи, махщел т1ок1ав устар.
15. Г1орот1аса Г1аликул Х1усен-Шамилил рит1ухъав мурид, бах1арчи, гьесул т1олабго хъизан Ах1улгох1да хвана.
16. Г1орот1аса Саг1аду-Ах1улгох1алъул бах1арчи. Гьесулги т1олабго хъизан гьенибго хвана.
17. Г1урк1ач1иса Муртазаг1алил вас Мух1амад-имамасул гьудул, гьебго заманалда гьесул даимал аскаразул (низамалъул) бет1ер вук1арав Муртаза абурав ц1одорав ва кинабго жо лъазе бокьулев г1олилав васасул эмен.
18. Мач1адаса Муртазаг1али-Шамилил рак1-рак1алъулав гьудул.
19. Х1отодаса Мух1амадг1али-багьадур, хвана бах1арчи г1адин.
20. Сугъралъа Къокъав Г1умар-лъелго х1ежалде Маккаялде щварав к1удияв г1алим.
21. Т1индиса Бусайлав-х1инкъи-къай лъаларев рагъухъан, гьес ч1вана областалдаги тира-сверун топографиялъул суратал рахъулел ва кьуруг1усазул роценал гьарулел рук1арал г1урусазул начальникзаби ва гьединго ккуна Паличул Мух1амад. Гьесухъа ва гьесда цадахъ вук1арав чиясухъа бахъана г1урусазул начальникзабаз гьезие кьун бук1араб бечелъи.
22. Дилималдаса Султанбег-Кавказалъул рагъул бах1арчи," рагъулаб нух байбихьана жеги Гъазимух1амад имамасда цадахъго, цо рагъулаб дандч1ваялда мах1румлъана бералдаса. Аргъванир ва Ах1улгох1да ккарал киналго рагъаздаса гьес Шамил ц1унулев вук1ана. Хвана Ах1улгох1даса нахъе унаго пачаясул солдатазул кьвагьиялдаса жиндирго керенги кьун Шамил ц1унулаго. Цох1о къоялда Ах1улгох1да гьес ч1вана 150ялде г1агарун тушман.
23. Щобокьа Давудбег-бах1арчи х1исабалда хвана Шамилида цеве. Гьесул гьунаразул х1акъалъулъ Шамилица хъвана 1852 соналда Салатавиялъул наиб Буртунаялдаса Гъайирбегил ц1аралда бит1араб жиндирго кагътида.
24. Гьоц1алъа Г1амирхан-бег - имам Х1амзат-бегил гьит1инав вац. Хвана 1839 соналъул 23 июлалда хъалаялдаса къват1ивеги лъугьун Ах1улгох1да цебе бук1араб г1урусазул батарея щущазабулаго.
25. Г1орот1аса Г1аликул Г1умар-бах1арчи, къо х1ехьолев ва лебалав мурид.
26. Г1орот1аса Сакул Х1адис-Ах1улгох1алъул бах1арчи.
27. Унсоколоса Мух1амадг1али-зах1матго лъукъарав гьев нохъода жанив мумиялде сверана ва лъугьана будалаълъун. Х1инкъи гьеч1ев рагъухъан.
28. Гьидалъа Х1усен-Унсоколоса Мух1амадг1алида цадахъ лъукъарав гьев гьесдаго цадахъ цого нохъода жанив вук1ана, х1инкъи гьеч1ев рагъухъан.
29. Г1алиаскар-х1ажи-апанди - цахурав, бихьинчияв мугьажир, г1алим, мулла, к1иц1уса лъукъун вук1ана. Ах1улгох1да кидаго нухмалъи гьабулаан хварал рукъиялъе, живго вук1ана Куба улияталъул Цахул росулъа. Шамил асирлъуде ккараб мехалъ, хъизангун цадахъ гьев Маккаялде ана ва гьенив вукъунги вуго.
30. Гьарак1униса Къебедмух1амадил вас Мух1амад - бах1арчи г1адин хвана. Вагъулев вук1ана васгун цадахъ, 12 сон барав гьев хведал тушманасде кьвагьдана гьесул жаназаялда т1асан, васасда цадахъ живгоги хвана.
31. Гьарак1униса Мух1амадил вас-бихьинчи г1адин хвана инсуда цадахъ.
32. Г1орот1аса Нурмух1амадил вас Маза-Ах1улгох1 ц1унулел т1оцересел къояздасанго живго вихьизавуна бах1арчилъун.
33. Г1орот1аса Мусах1ажияв-тунка-г1усиялъулъ г1ахьаллъизе байбихьана жеги Гъазимух1амадида цадахъго. Гъазимух1амад ч1вараб къоялда гьев бералдаса ват1алъана, бихьинчи г1адин Ах1улгох1да хвана.
34. Г1амирханил вас Малачи-Г1ашилт1а росулъа, хвана "Сурхайил сивухъ" жанив, Ах1улгох1 ц1унарал бищунго
машгьурал бах1арзазул цояв.
35. Г1ашилт1аса Малачил вас Сурхай-багьадур, бах1арчи г1адин хвана.
36. Г1ашилт1аса Х1ажияв-х1алхьи лъаларев багьадур, хвана гьесул кинабго цебесеб г1агарлъиялъул г1адамалги.
37. Г1ашилт1аса Hyxlaa-гьесул бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ руго г1емерал биценал.
38. Г1ашилт1аса К1удияв Мух1амад-Шамилил лебалав ва бах1арчияв мурид.
39. Г1ашилт1аса Ах1мадх1ажияв-рагъазул бах1арчи, Шамилица т1адег1анаб къимат кьолаан гьесул лебаллъиялъе.
40. Унсоколоса Т1агьир-бах1арчи, имамасул божарав мурид.
41. Генуса Г1усман-Шамилил яцалъул вас, бах1арчи г1адин хвана.
42. Г1ашилт1аса Даришиласул вас Мух1амад-бах1арчи г1адин хвана.
43. Г1ашилт1аса Малачил вас Мух1амад-Ах1улгох1да бихьинчи г1адин хвана.
44. Г1ашилт1аса Малачил вас Гъази-кваридаги вухьун Г1андиг1урулъе лъеда хадув виччалаго хвана.
45. Белти росулъа Султан-чачанав, Ах1улгох1де вач1ана Ахъбердил Мух1амадида ва ич1го сон барай жиндирго яс Пат1иматида цадахъ. Эменги ясги хвана бах1арзал г1адин.
46. Ч1иркъат1аса Х1ат1алгьеч1-хвана бах1арчи г1адин (х1акъикъияб ц1ар лъазе к1веч1о).
47. Ч1ирк1ат1аса Имангъалав-хвана бах1арчи г1адин.
48. Ч1иркъат1аса Хизил Г1али-Ах1улгох1алъул бах1арчи, чанго нухалда лъукъун вук1ана.
49. Ч1иркъат1аса Хамиз-Г1ашилт1аса Пат1иматил бах1арчилъи такрар гьабуна гьелъ.
50. Ч1иркъат1аса Халаймеседо-гьей к1ияйго ясалъ (Хамизица ва Халаймеседоца) жидерго умумузе ва вацазе кумек гьабулеб бук1ана тушманасул гьужумал нахъч1вазе. К1иявго эмен г1умруялдаса ват1алъидал бак1 хисун рагъана, Ах1улгох1 ц1унарал ахирал къоязда, кодор хунжрулгун, хвалчабигун, бихьинал г1адин рагъана. Тушманасухъе асирлъуде ккеч1ого рук1инелъун, зах1матго лъукъарал гьел, Г1андиг1урулъе к1анц1ана.
51. Г1ашилт1аса Хану-Шамилгун цадахъ эркенлъуде ворч1арав ва хадувккун к1удияв г1алимлъун вахъарав Къурбанг1алил эбел, жиндирго г1олохъанав вас хвасар гьавулаго гьей Ах1улгох1да багьадур г1адин хвана.
52. Г1ашилт1аса Париханил эбел-жиндирго вац хвасар гьавулаго Ах1улгох1да хвана. Ах1улгох1алъул реццалъул ц1ар т1ибит1изабуразул цояй.
53. Г1ашилт1аса Нух1ав-Ах1улгох1 сверун ккурал ахирал къоязда бах1арчи г1адин хвана, х1ехьана рагъул киналго зах1малъаби.
54. Г1ашилт1аса Урдаш-Ах1улгох1да вагъулев вук1ана, хадусеб къисмат лъазабизе к1всч1о.
55. Генуса Жавгьарат-имам Шамилил ч1ужу, зах1матго лъукъун йик1ана, асирлъуде ккеялдаса хвел т1аса бищана.
56. Шамилил ва Жавгьаратил вас Саг1ид эбелалда аск1ов хвана, гьесул бук1ана г1иц1го к1иго сон.
57. Шамилил яц Пат1имат-лъимаде йик1ана, тушманасухъе ккеч1ого йик1инелъун Г1андиг1урулъе к1анц1ана.
58. Г1орот1аса Палибегх1ажиясул вас Юсуп-бах1арчи г1адин хвана.
59. Дилималдаса Г1умахан-гьесул бук1ана 16 сон, г1ужда туманк1 реч1ч1изе бук1ана бергьараб гьунар. Шамилил буюрухъалда рекъон гьев вахчизавун вук1ана кьурул каранда бугеб хъит1алда нахъа. Гьенисан алхинч1ого туманк1 реч1ч1ун г1емерал тушбаби ч1вана гьес, Хвана ахириял къояз вахчараб бак1алда г1арададул гулла щун.
60. Дилималдаса Сулейман-чанго нухалда лъукъун вук1ана, 21 августалда тушманасул хучдузде т1аде к1анц1ун шагьидлъана.
61. Гертмаялдаса Шамсудин-рагъул бах1арчи, ахириял къоязда хвалилал ругънал щун вугев чи, аск1осан унев вук1арав г1урусазул офицерги хадув ц1ан кьурулъа гъоркье Г1андиг1урулъе к1анц1ана.
62. Щобокьа Г1умаханил Нуцал-рак1 къвак1арав бах1арчи.
63. Ц1обокьа Халикъ-чанго нухалда лъукъун вук1ана, бах1арчи г1адин хвана.
64. Ц1обокьа Зайнудинил Ислам-Ах1улгох1алъул бах1арчи.
65. Ц1обокьа Г1амирил Мух1амад-гьунар" т1ок1ав г1ужихъан, бах1арчи г1адин шагьидлъана.
66. Ц1обокьа Г1исах1ажи-Ах1улгох1да шагьидлъана рагъ ахиралде щолаго ва чанц1усаго лъукъана.
67. Ц1обокьа Г1али-имамасул гьудулзабазул цояв. Гох1да вук1ана рагъул т1оцебесеб къоялдаса нахъе, шагьидлъана 21 августалда г1урусазул хучдузда гъоркь.
68. Хубаралдаса Нажмудин-шагьидлъана рагъул ахириял къоязда, аск1об кьвагьараб г1арададул гулица черхалда г1емерал ругъналги лъун.
69. Гуниялдаса Султан-бах1арчиго вагъана, кинан хваравали лъазе к1веч1о.
70. Гуниялдаса Г1умар-бах1арчиго вагъана ва шагьидлъана июль моц1алъул ахиралда.
71. Буртунаялдаса Султ1анг1али-шагьидлъана Шулалъулгох1-"Сурхайил си" бахъун хадуса.
72. Буртунаялдаса Мух1амад - шагьидлъана г1емерал хвалилал ругъназдаса хадув.
73. Ч1ик1аса Нуцалалил Х1амзат-бах1арчи г1адин шагьидлъана Гох1да.
74. Г1ашилт1аса Иляс-г1иявехь, Шамилиеги гьесул гьудулзабазеги Ах1улгох1даса рорч1ун унаго нух бачине кумек гьабурав чи. Цеве унаго гъоркьч1алида рук1арал г1урусал ч1вала гьес.
75. Дилималдаса Мух1амадх1ажиясул вас Ибрагьим-шагьидлъана бах1арчи г1адин, хвалил ругънал щварав чи, кьурулъа т1аде рач1унел тушбабазул хучдузде т1аде к1анц1ана.
Шамил имамасда цадахъ Ах1улгох1даса рорч1аразул сиях1
1. Шамил имам - Дагъистаналъул т1олабго тарихалда бищунго ц1ар раг1арав инсан, миллияв бах1арчи, гьунар т1ок1ав рагъулав цевехъан, кавказалъулазул бет1ер, пачалихъалъулав х1аракатчи, к1удияв г1алим, философ, поэт, г1акъил, XIX г1асруялда дуняладда, бищунго машгьурав инсан...
2. Ч1ик1аса Юнус-Шамилил бищунго цевесев гьудул ва гьесие рит1ухъав чи, х1инкъи-къай лъаларев багьадур, ц1одорав ва г1акъилав дипломат, Ах1улгох1алъул бах1арчи, чанго нухалда лъукъун вук1ана, рагъул авалалдаса ахиралде щвезег1ан, х1атта ахиралдаги Гъунимаг1арда асирлъуде ккезег1ан, Шамилида цадахъ вук1ана.
3. Ахъбердил Мух1амад-Хунзахъа, сверун ккураб Ах1улгох1де вач1ана къаси сардилъ чачаназул муридзабазул гьит1инабго къокъаги бачун. Ах1улгох1да вагъана гъалбац! кинигин, т1уразарулаан Шамилил бищунго жавабиял, зах1матал ва к1вар бугел т1адкъаял, бет1ерлъи гьабулаан Ах1улгох1алъул бищунго зах1матаб квег1аб раг1аллъи ц1униялъе. Хадувккун гьев лъугьана бищунго бажари ц1ик1к1арав наиблъун, Шамилил аскаразул гьунар т1ок1ав цевехъанлъун, имамасдаса хадув к1иабилев чилъун, лъазавун вук1ана, нагагьлъун Шамил хвани, гьесул бак1 хисулев чилъун. 1843 соналъул 12 июналда Хевсуриялъул Шатил хъалаялда аск1осан чвахулеб Аргунг1урул бет1ерлъуда хиянатчияс гьев зах1матго лъукъана. Гьелдаса бит1ахъе анкь араб мехалда, 18 июналда, 40 соналъул ригьалда хвана. Вукъун вуго Ичкериялъул Шатой районалъул Гуш-керт росдал хабалалъ.
4. Балахьуниса Муса-Ах1улгох1алъул бах1арчи, гьенирго г1умруялдаса рат1алъана гьесул ч1ужу ва гьит1инай яс, цогидай яс Эгелди пачаясул талавурчаг1азухъе асирлъуде ккана, вук1ана лъукъун. Хадувккун Муса вук1ана Шамилил машгьурав наиблъун, Кавказалдаго гьесул ц1ар т1ибит1ун бук1ана багьадур х1исабалда. Абулаан гьесда х1инкъи щиб жоялицин лъалароанилан, хадурккун ккезе бегьулел зах1малъабазул х1акъалъулъ киданиги ургъел гьабулароанила. Хвана 1878 соналда Балахьунив.
5. Шамилил ч1ужу Пат1имат-Жамалудинил ва Гъазимух1амадил эбел.
6. Шамилил вас Гъазимух1амад-ункъо сон бараб лъимер.
7.Г1андиса Гъазияв-Ах1улгох1алъул бах1арчи, чанго нухалда лъукъун вук1ана, хадув ккана наиблъун, кидаго вук1ана Шамилие рит1ухъавлъун.
8. Салих1-Шамилил т1адкъаял т1уразарулев чи (рагьт1ател).
9. Гьоц1алъа Худанатил Мух1амад-Ах1улгох1алъул бах1арчи, к1иц1уса лъукъана, ругъназда жаниб бараб борохь гьалмагъзабаздаса бахчана. Хадуса гьев Шамилица Чачаналда ва цогидалги бак1азда наиблъун т1амуна, хвана 102 coti барав чи, вукъун вуго Гьоц1алъ. Росдал жамаг1аталъ берцинго къач1ан буго гьесул хоб.
10. Гьоц1алъа Белади-х1инкъи-къай лъаларев маг1арулав, Ах1улгох1алъул бах1арчи, ахираб нухалда маг1арде гьужум гьабулаго лъукъун вук1ана.
11. Гьоц1алъа Гьимат-Ах1улгох1да к1удияб лебаллъи ва тавакал бихьизабуна, вук1ана лъукъун, хвезег1ан кьури гьеч1ого Шамилил хьолбохъ.вук1унаан.
12. Гьарадерихъа Нург1али-Ах1улгох1алъул багьадур, к1иц1улго лъукъун вук1ана.
13. Г1ашилт1аса Ах1мад-Ах1улгох1алъул бах1арчи, к1иц1улго эъукъун вук1ана.
14. Г1ашилт1аса Якъуп-унго-унгояв игит, кутакалда къуватав ня тирияв 20 сон барав мурид, Шамилидаса хадув гьев к1иабилев
к1анц1ана Г1андиг1оралда т1асан.
15. Кантурай-Г1ашилт1аса анлъго сон барай яс.
16. Ц1обокь росулъа Мамаш-бах1арчилъиялда вагъана гох1да, вук1ана лъукъун, Ах1улгох1даса нахъе унаго Шамилица гьесухъе кьуна жиндирго вас Гъазимух1амад, пачаясул аскаразул гъоркьч1алиде ккараб мехалъ Мамашил мугъзада ваччун вук1арав Гъазимух1амадил х1ет1е лъукъун бук1ана. Хадув жиндирго васалгун цадахъ гьев вагъана пачаясул талавурчаг1азде данде.
17. Чачаназул Гендерген росулъа Мама-Ах1улгох1де вач1ана Ахъбердил Мух1амадида цадахъ чачаназул бет1ерлъуда, лебалав ва багьадурав мурид, Ичкериялде ворч1ана Шамилида цадахъ. Имамги гьесул гьудулзабиги гьоболлъухъ рещт1ана Мамал рокъор, г1умруялъул ахиралде щвезег1ан вагъана жиндирго ват1аналъул тушбабазда данде. Хвана 1845 соналда Воронцовасул аскаразде данде вагъулаго. Гьесул вас Хсегу вук1ана Шамилил наиблъун.
18. Ч1иркъат1аса Гьимат-багьадур, вук1ана лъукъун, Шамилие ва гьесул гьалмагъзабазе кумек гьабуна пачаясул аскарал хадур лъугьарал бищунго зах1матал саг1тазда гьездаса рик1к1алъизе.
19. Ч1иркъат1аса Ада-Гьиматил яс. Шамил ва гьесул гьалмагъзаби г1ор бахун цере лъугьараб мехалда Гьимат, гьесул яс Ада ва нахъеги к1иго чи гьездаса рат1алъана ва г1урумухъ ккун Берг1уч1иб абураб бак1алдехун ана. Гьедин гьел ана ургъунго Шамил ва гьесул гьалмагъзаби ралагьулел Мехтулиялдаса Ах1мадханил ва Хунзахъа Х1ажимурадил пикру бат1ияб рахъалдехун буссинабизелъун. К1иго къоялдаса гьел Ч1иркъат1е т1ад руссана (гьал баянал рак1арана ва мух1кан гьаруна Ч1иркъат1а росулъа Шихмирзаев Къурбанх1ажияс).
20. Г1ашилт1аса Ису-бах1арчи. Ах1улгох1даса нахъе унаго къаси сардилъ кьурулъа гъоркье Г1андиг1урулъе к1анц1ана кьурул борхалъи ва г1урул раг1аллъаби кинал ругищали лъазабизелъун, хадур киналгоги гьесдаго хадур к1анц1ана ва цереса т1ерхьана.
21. Меседо-Шамилил ункъг1ал.
Г1урусаз бахъараб хъалаялъуса ч1аго къват1ире рорч1арал Ах1улгох1 ц1унаразул сиях1
Нижеда лъазе к1вана ахирал балагьал къоязда Ах1улгох1даса нахъе унаго цо кинабалиго х1икматаб куцалда талавурчаг1азул ризал хъаравуллъияльулал постаздасан къват1ире рорч1изе к1варал гьал хадур рехсарал г1адамазул ц1арал:
1. Г1орот1аса К1удияв Мух1амад-рагъул бах1арчи, Шамилил вук1арав хазиначи, кидаго вук1ана Шамилида цадахъ, гьевгун ана Маккаялде, хадув т1ад вуссана Стамбулалде, хвана ва вукъун вуго гьенивго.
2. Г1орот1аса Чудахил вас Муртазаг1али-Ах1улгох1алъул бах1арчи, зах1матго лъукъун вук1ана, хадув т1амуна наиблъун, хвана Ичкериялъул Шалиялда г1агарлъухъ рагъда, гьенивго вукъунги вуго.
3. Г1орот1аса Сах1ибиласул вас Мух1амад-зах1матго лъукъун вук1аниги Ах1улгох1алдаса къват1иве ворч1ана, х1аракатаб г1ахьаллъи гьабуна г1емерал рагъулал лъугьа-бахъиназда, хадув Паркала росдада аск1об ккараб рагъулъ ч1вана (Лак район).
4. Г1орот1аса Сухъурх1ажиясул вас Мух1амад-гох1да вагъиялъул бах1арчи, зах1матго лъукъун ва черхалда анлъго ругъун лъун бук1ана, кин бугониги Гумбеталъул Ингишо росулъе ворч1ана, гьенивго сах гьавуна, хадув Даргъове ине к1вана, Шамилица гьев к1удияб рохалидалъун къабул гьавуна ва т1адкъана сундасаго нахъекъай гьеч1ев нусго муридасе бет1ерлъи гьабизе.
5. Бодул цевехъан Муртазаг1али-эркенлъиялъе г1оло гьабулеб рагъул т1олабго заманалда вук1ана Шамилил рит1ухъав гьудуллъун ва кумекчилъун, Ах1улгох1алъул бах1арчи, вук1ана зах1матго лъукъун, г1ахьаллъана 1859 соналда Гъунир ккарал ахирал рагъазулъ.
6. Мелъелт1аса Батир-Ах1улгох1алъул лебалав багьадур, лъукъарав гьев вахчун вук1ана нохъода. 22 августалъул сардилъ пачаясул солдатазул хъаравуллъиялде т1аде к1анц1ана, цин офицер ч1вана, хадур хут1арал солдаталги лъуг1изарун эркенлъиялде ворч1ана.
7. Г1ашилт1аса Даришилав-х1инкъи лъаларев бах1арчи, г1ужилав кьвагьдохъан, Ах1улгох1даса къват1ире лъугьунаго Шамилие нух эркен гьабуна. Хъаладухъа къват1иве ворч1ана гьенире т1аде талавурчаг1и рахараб мехалда, чанго нухалда лъукъун вук1ана.
8. Г1ашилт1аса Къурбанг1али-гьесул бук1ана г1иц1го 15 сон, вагъулаан ц1одорго ва лебалго. Хадуб Шамилица к1удияб к1вар кьуна гьев ц1ализавиялде. Гьесда т1адкъан бук1ана маг1арда ккараб рагъул х1акъалъулъ хъвазе. Бицуна гьес к1удияб х1алт1и хъван ва гьелъул щибаб гьурмада живго гьесул маг1ил лъалк1ал хут1ун рук1анилан. Гьеб гьанжелъизег1анги кодобе щун гьеч1о. Шамил асирлъуде ккаралдаса хадув гьев х1алт1ана Хунзахъ къадилъун, хадув Шурагьив гьебго ишалда. Къурбанг1алица жинцаго хвезабун, ялъуни кибниги маг1арухъ нахъе ц1унун батизе бегьула гьеб къиматаб х1алт1и.
9. Г1ашилт1аса Г1амирхан-14 сон барав гьев вагъулаан гъалбац! г1адин тириго, вук1ана лъукъун, Ах1улгох1даса ворч1ана. Гьесул хадусеб къисмат лъаларо.
10. Г1ашилт1аса Куримух1амадг1али - вагъана лебалго, гьесул гьунаразул х1акъалъулъ биценал релълъуна бит1ахъе маргьабазда.
11. Аргъваниса Салих1иласул Х1ажи-зах1матго лъукъарав гьев лъавуда гьеч1ого асирлъуде ккана, гьениса лъутана ва Кабардиялда вахчун вук1ана. Шамилил ц1аралдаса муг1рузул г1адамал ах1улел рук1ана г1урусазул талавурчаг1азде данде къеркьезе. (Ичкериялдаса Далхан Хожаев. "Кабардаялде Шамилил рагъулаб сапар" абураб тарихияб очерк. Газета "Даимаб ах1и", N 3,1994 сон). Гьесул хадусеб къисмат жеги лъаларо.
12. Ч1ик1аса Ахъбердиев Мух1амад-вагъулаан гъалбац! г1адин, вук1ана лъукъун.
13. Ч1ик1аса Годоков Г1иса-гьевги Ахъбердиев Мух1амадги асирлъуде ккана. Жанир т1амун рук1ана Шурагьир "Кавалер Батарея" кьурда т1ад бараб туснахъалъур. Цогидал муридзабазда гьениса лъутизе к1вана цадахъго. Гьезул цо бут1а кквезе щвана, цогидал г1агардег1ан бук1араб рохьор рахчана, Ич1го къоялдаса гьев к1иявго Ц1обокь росулъе вач1ана ва гьениса Шамилихъе Даргъоре рорч1ана. (Булач Х1ажиев, "Салатавиялъул муг1рузул ахалъуда", Мах1ачхъала, 1973 сон, 30 гьумер).
14. Гъоркьияб Г1ашилт1аса Къокъав Дибир-бах1арчилъиялда вагъана Ах1улгох1да, вук1ана Шамилил х1инкъи гьеч1ев разведчиклъун. Ах1улгох1 бахъаралдаса хадув нохъода вахчун вук1ана, цинги сардилъ солдатазул хъаравуллъиялда ва постазда гьоркьосан росулъе ворч1ана. Вагъана Шамил асирлъуде ккезег1ан, хадуб хъулухъ гьабуна Дагъистаналъул рек1аразул рагъулаб полкалда, г1ахьаллъана турказулгун г1урусазул рагъда, хвана Харе шагьаралде гьужум гьабулаго. ("Бакълъулазул нур" газета, 1993 соналъул 11 февраль, N7).
15. Г1ашилт1аса Меседо-Даришиласул ч1ужу, росасда аск1ой бах1арчилъиялда ягъана,15 ругъун щваниги ч1аго хут1ана.
16. Г1ахьвахъа Ах1мад - гьев г1олохъанав мурид бах1арчилъиялда вагъана Ах1улгох1да, гьел кьог1ал балагьазул къоялъ васасул рокьи ккана Г1ашилт1аса лебалай яс Рах1иматихъ. Лъукъарал гьел к1ияздаго талих1алъго 22 августалда хъалаялдаса къват1ире рорч1изе к1вана, хадуй гьес Рах1имат ячана ва Пашилт1а г1умру гьабуна. Вук1ана Шамилил рит1ухъав муридлъун.
17. Г1ашилт1аса Рах1имат - г1ажаибго берцинай ва лебалай г1олохъанай яс, бах1арчилъиялда ягъана рагъда хварал васазда ва инсуда цадахъ. Г1ахьвахъа Ах1мадгун цадахъ 22 августалда Ах1улгох1даса къват1ие йорч1ана, хадуй Ах1мадие росасе ана ва гьесда цадахъ Г1ашилт1а г1умру гьабулеб бук1ана.
18. Г1урк1ач1иса Г1алимирза - Ах1улгох1да рагъазулъ г1ахьаллъи гьабуна жиндирго г1олохъанав вас Муртузида цадахъ. Г1алимирза рагъулъ ч1вана, Муртузин абуни щибго зарал ккеч1ого ч1аго хут1ана. Муридзабигун цадахъ Шамил имам Даргъове гочараб мехалъ имамас гьев муридзабазул бет1ерлъун т1амуна. Шамил асирлъуде ккедал Дагъистаналдаса къват1иве ана. Шамилил чанго муридасда цадахъ Харсалда г1умру гьабулеб бук1ана. (Гъазигъумекиса Г1абдурах1ман. Г1арабалдаса буссинабураб рак1алде щвеязул т1ехь "Китаб-ат-тазкира", "Нилъер Дагъистан" журнал, 1996 соналъул 181-183 номерал).
19. Колоса Г1алимирза - гьадин хъвалеб буго жиндирго "Китаб-ат-тазкира" абураб т1ехьалда Гъазигъумекиса Г1абдурах1маница: "Гьеб росулъ г1умру гьабулеб бук1ана х1алакъав, цо гурони бер гьеч1ев, цояб квералдаса мах1румлъарав маг1арулас. Ах1улгох1да рагъулъ г1урусазул г1арадаялъул гуллица гьесул цо квер т1езабуна. Гьесда ц1ар бук1ана Палимирза, кколаан Сурхайил вацасул вас, имамас гьесда т1адкъана байтулманазе бет1ерлъи гьабизе, Шамилие гьев кутакалда вокьулаан, гьел росабазул наибас цо-цо мехалда гьесда т1адкъалаан нухмалъи гьабизе. Гьес т1адкъараб иш кидаго нахъг1унт1ун ва камилго т1убазабулаан. Г1арабазул аби буго талих1ав инсул вас имг1аласда релълъарав вук1инилан, гьедин Г1алимирзаги сундулъго Сурхайида релълъарав вук1ана". ("Нилъер Дагъистан" журнал, 1996 сон, №181-183,70 гьум).
20. Инхоса Нурмух1амад - дарвиш ва имамасул гьудул. Т1оцеве гьев рак1алде щвезавулев вуго 1830 соналъул февралалда. Гумбеталъулазулгун питна-кьал ккараб мехалда Шамил балагьалдаса хвасарлъана Инхоса дарвиш . Нурмух1амадил ва гьесул гьалмагъзабазул кумекалдалъун. (Къарахъа Мух1амадт1агьирил т1ехьалдаса, 25 гьумер). 1831 соналда гьев лъукъун вук1ана "Агъачхъала" щулалъиялда аск1ор ккарал рагъазда, г1ахьаллъи гьабуна Ах1улгох1 ц1униялъулъ, гьев вук1ана 1840 соналда жидерго ва сверухъ ругел росаби мут1иг1 гьаризе Т1елекьа Къебедмух1амадие кумекалъе бит1араб Жаватханил къокъаялда гьоркьов. Хадув гьалмагъзабигун цадахъ дарвиш Нурмух1амад ана Къарахъе. Гьес гьенир аманаталъе г1олохъаби рачана ва К1арат1е рит1ана. (Гъазигъумекиса Г1абдурах1ман, "Китаб-ат-тазкира" абураб рак1алде щвеязул т1ехь, "Нилъер Дагъистан" журнал 1995 сон, N179-180,82 гьум).
21. Г1ашилт1аса Х1асан-Х1ажияв Малачиханов. 12 сон барав чи кьун вук1ана Калугаялдаса бечедав помещик Г1арамановасе лагълъун, 20 сон бараб мехалъ армиялде кьуна. Шамилиде данде вагъизе инкар гьабуна, г1ахьаллъана Крымалъул рагъулъ. Хадусала Шамилгун чанго нухалда дандч1вана Калугаялда.
22. Г1ашилт1аса Ибрагьим - бах1арчи г1адин вагъана, ккана асирлъуде, вит1ун вук1ана Харьков шагьаралде. Гьесул вас Мух1амадг1али хадуса вахъана г1урусазул офицерлъун.
23. Г1ашилт1аса Г1алигъалбац1 - асирлъуде ккана гьит1инавго чи, г1емераб г1акъуба, инжитлъи бихьун нахъе ворч1изе к1вана. Хадуса гьесул вас Мух1амад вахъана ц1ар арав г1алимчи.
24. Г1ашилт1аса Малачил вас Х1ажияв - асирлъуде ккана, нахъе вач1инч1о, къисмат кинаб ккарабали лъаларо.
25. Г1ашилт1аса Султ1ан - асирлъуде ккана гьит1инавго чи, г1емераб г1акъуба-къварилъи бихьун гьениса т1урун ворч1ана росулъе. Гьесул лъади Меседо гьединго Ах1улгох1да йик1ана,
26. Г1ашилт1аса Х1ава - гьит1инай жо ккана асирлъуде.
27. Г1ашилт1аса Исмаг1ил - лъимерг1анав вугев мехалъ вахана гох1де, цинги ккана асирлъуде. К1удиял г1едал, цоцахъ рокьи ккун Х1аваги Исмаг1илги данделъана.
28. Г1ашилт1аса Чамасдак-Мурадбегил ч1ужу - къисмат кинаб ккарабали лъазабулеб буго.
29. Г1ашилт1аса Бахтумагъа-Малачил ч1ужу. Гьелъул къисмат кинаб ккарабали лъазабулеб буго.
30. Г1ашилт1аса Шайихасул Г1ашат-къисмат кинаб ккарабали лъазабулеб буго.
31. Г1ашилт1аса Г1алих1ума-лъимер г1анасев жо вук1ана гох1де вач1араб мехалъ. Гьесул хадусеб къисмат кинаб ккарабали лъазабулеб буго.
32. Г1ашилтГаса Нурмух1амадил Ханзадай - къисмат кинаб ккарабали ц1ехолеб буго.
33. Г1ашилт1аса бах1арчияв рагъухъан Хацар Мух1амадил щуго вас: Г1амирхан, Гьит1инамух1амад, Нуручу, Г1арип, Нурмух1амад. Гьезул ккараб къисмат жеги т1убан лъаларо.
34. Г1ашилт1аса Г1умарил вас Гъази - лъимер г1анасев жо ккун вуго асирлъуде. Хадусеб къисмат лъазабулеб буго,
35. Хъах1абросулъа К1удияв Исх1акъ.
Пачаясул талавурчаг1азухъе асирлъуде ккарал Ах1улгох1 ц1унарал г1адамазул сиях1
Къарахъа Мух1амадт1агьирица т1адехун рехсараб гьебго т1ехьалда хъвалеб буго: "Ах1улгох1да г1урусазухъе асирлъуде ккана анлънусгоялде г1агарун чи, цо-цояз абулеб буго анкьнусгоян - бихьинал, руччаби, лъимал-кканилан".
Гьездаса г1алимзаби:
1. Т1анусиса Силикул Мух1амад-муридазул мулла, асирлъуда хвана.
2. Мелъелт1аса Ибрагьимх1ажияв - гьесул хадубккунисеб къисмат лъаларо.
3. Бекьилъа К1удияв Ах1мад-абула гьев туснахъалъув ч1ванилан.
4. Бекьилъа Гьит1инав Ах1мад- г1урусаз вакъуца хвезавула.
5. Бекьилъа Жабраг1ил - гьесулги хадусеб къисмат лъаларо.
6..Харач1иса Хизкил-лъутизе къасд гьабулаго ч1вана.
7. Хъах1абросулъа Мух1амадг1али - гьесул хадубккунисеб къисмат лъаларо.
8. Г1урк1ач1иса Нурмух1амад-гьесул хадубккунисеб г1умру лъазе к1веч1о.
9. Хелекьуриса Мух1амад - гьесулги хадурккунисел баянал лъаларо.
10. Буц1раса Т1алх1ат - гьев г1арцухъ вичун нахъе вачана.
11. Янгъиюрталдаса Х1ажибулат - балагьараб заманалда гьев гьанжесеб Гъизилюрталъул Султанянгъиюрталдаса вук1ун ватизе ккола. Гьевги г1арцухъ вичун нахъе вачун вуго.
12. Ч1аралдаса Х1ади Дег1енг1али - хадув Сибиралдаса лъутана ва гьевги Бухараялде ворч1ана.
13. Гулукалдаса Карахан-гуржияв, Сибиралдаса лъутана ва гьевги Бухараялде ворч1ана.
14. Балахьуниса Эгелди - Балахьуниса машгьурав наиб Мусал яс, инсуца гьей асирлъиялдаса йикъана, т1олабго г1умруялъ uoxlo жинцаго янгъизлъиялда г1умру гьабуна. Гьаб г1асруялъул авалалда хвана ва Балахьуний юкъун йиго.
15. Г1ашилт1аса Мусаласул Абакар - залимаб черхалъул бах1арчияв мурид, лебалго вагъана Ах1улгох1да, зах1матго лъукъарав гьев асирлъуде ккана ва Сибиралде вит1ана. Гьениса лъутана ва жидерго Пашилт1а росулъе т1ад вуссана.
16. Гьесул ч1ужу Мирзал Пашура - Ах1улгох1даса къват1ие йорч1ана, г1урусал Ах1улгох1де т1аде рахараб мехалда зах1матго лъукъарав жиндирго рос Абакарги вахчун, гьесул ярагъ-рачелгун чухъаги т1ад рет1ун ахиралде щвезег1ан бах1арчиго ягъана. Чанго нухалда лъукъана, бида ец1ц1улаго 22 августалда сардилъ тамашаяб бажариялдалъун тушманасул кверщаликьа йорч1ана.
17. Г1ашилт1аса Нуцалай - бах1арчияй рагъухъан. Каримух1амадг1алил яц, Урдашил ч1ужу, анц1го сон бана Сибиралда, к1удияб къварилъиги х1ехьон гьениса т1ад юссана. Гьелъул бук1ана к1иго гьит1инаб лъимер - анкьго сон барав к1удияв Ах1улгох1да хвана, щуго сон барав к1иабилев Сибиралде рит1улаго гьелдаса ват1а гьавуна ва свакалъулгун ракъул х1асилалда нухдаго хвана.
18. Г1ашилт1аса Узу - гьей г1ужилай кьвагьдохъаналъ ч1вана к1иго офицер ва чанго солдат. Ахиралда йик1ана Гъизляралда, гьениса лъутун рокъое - Г1ашилт1е - йорч1ана.
19. Г1ашилт1аса Хацармух1амад - чанго нухалда лъукъарав гьесда ахираб заманалда х1али-мадаралъ гурони вагъа-вачаризе к1олеб бук1инч1о ва гьединлъидал асирлъуде ккана. К1иго хъаравулги ч1ван асирлъудаса лъутана ва Г1ашилт1е т1ад вуссана.
20. Г1ашилт1аса Гьит1инав - лебалав бах1арчи, лъукъарав гъев асирлъуде ккана ва гьениса рокъове т1ад вуссана.
21. Г1ашилт1аса Мусал Шамил - гъалбац! кинигин лебалго вагъулаан, вук1ана лъукъун, асирлъудаса т1ад вуссана. Мух1канлъаби жеги лъазарулел руго.
22. Г1ашилт1аса Мурадбег - х1инкъи -къай лъаларев багьадур, асирлъудаса рокъове т1ад вуссана. Мух1канлъаби хадурккунги лъазарулел руго.
23. Г1ашилт1аса Ах1мадх1ажияв - лебалав инсан, чанго нухалда лъукъун вуго, асирлъудаса рокъове вач1ана. Мух1канлъаби нахъеги лъазарулел руго.
24. Ч1иркъат1аса Гъазилхал Рузмай - берцинаб сипаталъул г1олохъанч1ужу, Ах1улгох1да бах1арчилъиялда ягъана, гьений лъукъана, асирлъуда мустах1икъаб куцалда х1ехьана г1урусазул зулму ва хвана гьелъул х1асилалда.
25. Ч1иркъат1аса Узу - ягъулей йик1ана эменгун цадахъ, гьев хвараб мехалда, инсул ярагъги борчун, ахиралде щвезег1ан бах1арчиго ягъана, чанго нухалда лъукъана ва асирлъуде ккана. Х1акъираб асирлъиялдаса г1ажалго т1аса бищулаго, г1иц1ал квералгун гьей тушманасде т1аде йортана ва г1урусаз хучдул тункун ч1вана.
26. Ч1иркъат1аса Эсенбулатил Алжанат - г1олохъанай маг1арулай, Узу ва Рузмайго г1адин, лебалго ягъана, асирлъуде ккана, гьений г1акъуба-г1азабги х1ехьон хвана.
27. Ч1иркъат1аса Пата - ч1варав вацасул рет1елги рет1ун бах1арчиго ягъана. Лъукъарай гьей тушманасухъе асирлъуде ккана на гьений хвана.
28. Ч1иркъат1аса Пат1ина - гьеб росулъа цогидал руччабаздаго цадахъ гъалбац1г1адин тириго ягъана, г1урусазухъ асирлъуда хвана.
29. Ч1иркъат1аса Шиладал Г1алил ва Пат1иматил яс Хажа -байбихьудаса ахиралде щвезег1ан бах1арчилъиялда ягъана, лъукъарай гьей асирлъуде ккана ва гьениса лъутизе къасд гьабулаго ч1вана.
30. Машгьурав Сурхайил микьго сон барай яс. Жиндирго хъвай-хъваг1аязул табтаралда генерал П.Х. Граббеца гьадин хъвалеб буго:
"...27 август. Кутакаб баг1ари. Нахъеги 13 чи асирлъуде вачун вач1ана. Щвана Щульцихъе ваккизе. Экспедициялда гьев лъабабилеб нухалдаги лъукъун вуго. Сурхайил ясалъул берцинлъиялъ бит1ахъего х1айранлъизарула. Нохъазда жеги вахчун вуго нусиялда к1икъоялда анц1гоялде г1агарун маг1арулав". (Граф П.Х., "Хъвай-хъваг1аязул книжка". Москва, 1888 сон, 124 гьумер).
31. Ч1иркъат1аса Букусил вас Уллубий.
32. Аргъваниса Х1асан Чанчара.
33. Гьарадерихъа Муртазал Х1асан.
34. Г1орот1аса Х1ажияв Юсуп.
Ч1иркъат1аса Уллубий Букусидаса байбихьун 35 чиясул х1акъалъулъ баянал дида лъана машгьурав г1арабист , Кавказалъул рагъул тарих гъваридго лъалев ц1акъго х1еренав, хабар гьуинав, намус-ях1 т1ок1ав маг1арулав, 1997 соналъул апрелалда нилъедаса ват1алъарав Гьарак1униса Нурмух1амадил Мух1амадил живго бет1ергьанаб архивалдаса. Заманаялъ т1огьиллъизабураб к1иго т1анчида хъвараб гьеб сиях1 рак1 разиго дихъе кьолаго Мух1амадица абуна: "1964 соналда СССРалъул Г1елмабазул академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул Тарихалъул, мац1алъул ва литератураялъул институталда х1алт1улаго, доб заманалда гьелъул директорлъун вук1арав Даниялов Х1ажиг1алица Шамилил х1акъалъулъ документал лъазаризелъун дун Калугаялде вит1ун вук1ана. Цо делоялда жаниса дица хъвана Ах1улгох1да асирлъуде ккарав ва 1839 соналда Калугаялъул губерниялде къват1иве вит1арав 35 маг1аруласул ц1ар. 1860 соналда гьел киналго жеги ч1аго рук1ун руго. Нижер х1исабалда рекъон гьев 35 асирасда гьоркьор г1емерисел маг1арулал рук1ана г1олилал ялъуни лъимал, щайгурелъул доб заманалда г1емерисел асирлъуде ккарал лъимал, руччаби ва хараби рук1индал. Гьеб сиях1алда бихьизабун буго ич1го чи Ах1улгох1даса вук1анилан, амма нилъеда лъала гьединаб росу бук1инч1еблъи. Балагьараб мехалда гьел рук1ун ратизе руго ц1акъго г1исинал лъимал (гьезул к1иго-лъабго сон бук1ун батизе ккола), эбел-эмен хварал гьезда жал щиб росулъаяли бицине лъалеб бук1ун батиларо. Нижер пикруялда рекъон гьел рук1ун ратизе руго Г1ашилт1аса, Ч1иркъат1аса ва Г1орот1аса. Г1ашилт1а ва Ч1иркъат1а росулъа киналго г1адамал лъималгун цадахъ Ах1улгох1да рук1ана. Гьениб бук1ана лъебергоялде г1агарун Г1орот1а росулъа гочараб хъизан..."
35. Г1орот1аса Ханмух1амад Гъазияв.
36. Ах1улгох1даса Сулейманов Х1адис.
37. Хъах1абросулъа Нурмух1амадов Г1алимирза.
38. Гертмаялдаса Шамсудинов Мух1амад.
39. Хъах1абросулъа Махов Гъайирбег.
40. Буц1раса Мух1ума Херни Ражаб.
41. Ах1улгох1даса Нуриго Чунуха.
42. Г1ашилт1аса Мух1амад Багьадур.
43. Г1ашилт1аса Мух1амадов Нурмух1амад.
44. Ах1улгох1даса Мирзабег Читулин.
45. Ах1улгох1даса Гереев Герейхан.
46. Ах1улгох1даса Пумардибиров Муртаза.
47. Ах1улгох1даса Узин Узинович.
48. Гьидалъа Х1ажимух1амадов Нурмух1амад.
49. Ах1улгох1даса Исмаг1илов Ханав.
50. Инхоса Мух1амад Юнус.
51. Къарахъа Мулламах1амад Падил.
52. Ч1ик1аса Муса Ахкай Пумар.
53. Ч1ик1аса Г1абдулг1азизил вас Рамазанх1ажи.
54. Ах1улгох1даса Юсупов Халил.
55. Ах1улгох1даса Юсупилав Хандалав.
56. Ч1ик1аса Хириндат.
57. Тицалдаса Малла Даниял (тумав).
58. Миякьоса Мух1амад Токло.
59. Миякьоса Ах1мад Г1абдула.
60. Миякьоса Шамил Г1абдула.
61. Къурамух1амад Ибияв (тумав).
62. Хъах1абросулъа Абакар Мух1амад.
63. Ах1улгох1даса Г1алимух1мадов Х1ажмяв Шалбузан.
64. Хъах1абросулъа Рах1има.(асирлъуде ккун ячун аралъуса Аргъваниса гьлмагъгун т1урун йач1ун йиго)
Нурмух1амадил Мух1амадица кьураб сиях1 лъуг1ула Ах1улгох1даса Г1алимух1амов Х1ажияв Шалбузанил ц1аралдалъун ва гьеб хадубккун байбихьулеб буго Аджиев Исмаг1илил ц1аралдасан. Г1емерисел ц1аразда хадуб, доб заманалда хъвалсб бук1ахъе, "огълы" ян т1адеги жубан буго. Гьанир церехун ц1арал хъввалаго гьеб т1адежубай нахъе рехана.
Аджиев Исмаг1илидаса байбихьун хадуб бугеб 37 лъимадул ц1ap нижеца босана Д.М. Шигьабудиновасул "Ах1улгох1" абураб т1ехьалдаса. Гьелъул авторас абулеб буго профессор В.Г. Х1ажиевасда Грузиялъул ЦГИАялда "Кавказалъул щулалъизабураб Ах1улгох1алъул хъалаялде гьужум гьабулаго асирлъуде росарал ва Воронежалъул кантонистазул (рагъулаб хъулухъ т1убазабизе т1адаллъун кколарел) рагъулал батальоназде рит1изе кколел, амма жеги гьенире щвеч1ел гьит1инаб г1умруялъул лъималазул сиях!" абураб ц1аралъул документ батун бугилан. (Грузиялъул ЦГИА,ф.Ю83, оп.2, Д. 638, т1. 1-2-3). Х1исаб гьабураб мехалда, 1839 соналда гьел асирзаби 30-40 чи гьавун Россиялъул бат1и-бат1иял губерниябазде вит1ун вук1ун ватизе вуго. Жакъа нилъеца к1удияб х1алт1и т1убазабизе ккола Ах1улгох1даса нилъ мах1румлъаралдаса хадур чияр ракьазде рит1арал 900 ялде г1агарун руччабазул, лъималазул ва харабазул хадубккунисеб къисмат лъазабиялъе (нижер х1исабазда рекъон гьезул 700 чи вук1инс ккола, пачаясул баяналда рекъонин абуни гьезул къадар 900 ялде г1агарун буго).
67. Испаев Мух1амад.
68. Г1умарг1алиев Мух1амад.
69. Ибрагьимов Мух1амадг1али.
70. ИсмаМилов Мух1амад.
71. Х1ажилуев Аласкиндир (Г1алисканди)?
72. Мух1амадаминов Нурмух1амад.
73. Нурах1ов Ах1мад-
74. Хаматов Муртазаг1али.
75. Къурах1маев Пирау.
76. Х1усенов Х1амзаг1али.
77. Г1умарг1алиев Хочо.
78. Мух1амаев Муст1апа.
79. Мух1амаев Даибгъази.
80. Аджиев Мух1амад.
81. Аджиг1али Алиат.
83. Шамалай.
84. Насипов Г1иса.
85. Мух1амад огъли.
86. Х1алим Стилачи.
87. Ирбаинов Пари.
88. Аджиг1али Азимат.
89. Берагов Х1асан.
90. Мух1амадов Хадрси.
91. Х1усен Кизилин.
92. Мух1амаев Г1алибулат.
93. Х1асан Муртазаг1али.
94. Мух1амаев Г1абдулкарим.
95. Мирзабег Мух1амаг1али.
97. Х1асай Х1асан.
98. Юрух1ма Куса-Мух1амад.
99. Сулейман Гъази.
100. Х1ажиев Мух1амг1али.
101 Мух1амад.
Ах1улгох1ил г1акъуба-г1азаб жидеца баччарал, гьелъул бух1и х1ехьезе ккарал гъазизабазулги, асирлъуда хут1аразулги, нахъе рорч1аразулги, бат1и-бат1ияб къисмат ккаразулги сиях! бахъун бук1ана республикаялъул "Х1акъикъат" газеталда, гьелдаса хадур рач1ине лъугьана рагъулъ г1ахьаллъаразул бицунел кагътал. Поцебесеб гьединаб кагъат щвана Унсоколо росулъа философиял г1елмабазул кандидат Гъазимух1амадов Х1амзатихъа, к1иабилеб - Унсоколо районалъул Г1ашилт1а росулъа Халидов Г1абдулх1амидихъа. Кагътазул бет1ергьабазухъа цо-цо такрарлъаби ккун рук1аниги ва Ах1улгох1алъул сиях1алда рехсарал ц1арал такрарлъулел рук1аниги, гьел рахъулел руго рач1араб х1алалда.
Унсоколоса Шамилида цадахъ рагъарал ва хварал бах1арзал:
1. Бербаг1ар-Мух1амадсулт1ан, Ах1улгох1даса байбихьун Шамил кверде инег1ан гьесда аск1ов ч1ана. Хвана ва вукъана Турциялда 1873 соналда.
2. Т1агьир-Гъазимух1амад имамасул дурц, ч1вана 1840 соналда.
3. Щунусил бет1ер Къанц1а Малламух1амад - Щоралда ч1вана.
4. Гьесулго вац Мух1азал Вух1ама - Шишилик1маг1арда рагъда ч1вана.
5. Цогидав вац Мух1азал Вух1амагъази - К1ик1уни рагъда ч1вана. К1иялго шагьидлъарал бак1аздаго рукъунги руго.
6. Г1усманилав.
7. Шамилил г1арадаби риун т1олев чи - устар Жабраг1илх1ажи.
8. Гъуниясул Мух1амад.
9. Гаргадул Мух1амадсулт1ан.
10. Нурмух1амад.
11. Шамилил бет1ер к1к1валев чи Х1усенил Мусах1ажияв.
12. Г1алисулт1ан.
13. Арутинил Г1али.
14. Валил Хъарамух1амад.
15. Рекъав Мух1амадх1ажияв-Ах1улгох1да щвараб гуллагун гьес г1умру гьабун буго 20 соналъ. Гьеб гуллагун хабалъги лъун вуго.
16. Къурманиласул Дибирвух1ума.
17. Шунусил бет1ер Маргалав.
18. Арутанил Мух1амад-Шамилил хазиначи.
19. Мух1амадг1али - Ах1улгох1да шагьидлъана.
20. Г1амасулт1ан (бину Г1алисултан) - Ах1улгох1да шагьидлъана.
21. Г1абдулг1азизица ва Шейхул Х1усеница - 1832 соналъ
Шамилил ругънал сах гьаруна. Пабдулг1азизил яс Пат1имат кколаан имамасул лъадилъун.
22. Къасирилав.
23. Х1ажимуса.
Г1АШИЛТ1АСА ХАЛИДОВ Г1АБДУЛХ1АМИДИЦА Т1АДЕ ЖУРАЛЕЛ РУГО:
1. "Сурхайил хъалаялда" Малачил рагъухъаби дагьлъараб мехалъ, Шамилица гьениве вит1арав бах1арчи Кариммух1амад Г1алил лъадул, асирлъудеги ккун Гъизляралде ячун арай, гьениса нахъе яхъарай Узул;
2. Ругънада борохьги бан асирлъуде ккарай, анц1го сон Сибиралдаги бан т1ад юссарай Нуцалалъул;
3. Дарбищил Мух1амад абун хъварав Дарищиласул;
4. Малачил инсул вац К1удияв Г1арипил;
5. Имамасул байрахъулав, Ах1улгох1да вагъарав ва гьениса ворч1арав, Рихьуниб ккараб рагъдаса хадув жив шагьидлъарав К1удияв Айгумил ц1арал.
Гьезие киназего, хасго Ах1улгох1 хобалде свераразе, нохъазда будалааллъун лъугьаразе нилъер абадияб рецц ва баркала. бах1арзазул ц1арал киданиги к1очене гьеч1о ва гьел наслабазухъе кьела!